Аслияб гьумералде

ЛъикIаб тIабигIат бижила

ЛъикIаб тIабигIат бижила

Эбелалъ какие чуричӀого лъимадуе керен кьезе бегьулищ?

 

Исламалда лъимер керен кьун кваназабиялъулъ эбелалъе гӀемерал пайдаял руго. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Лъимер гьабуралдаса хадуб каранзул рахьдал цо къатӀраги хутӀуларо Аллагьасул рахъалдасан кири гьечӀого. Ва лъимералъ эбелалъул макьу хвезабуни, гьелъул кири бащалъула лъабкъоялда анцIго лагъ эркен гьавиялда», - ян. (ТIабарани)

Лъимер хахизаби какичури гьечIониги гьабизе бегьула, гьеб как бай гIадал гIибадатаздасан гьечIелъул. Амма какие чуригун гьабулеб бугони, щаклъи гьечӀого, эбелалъеги гьелъул лъимадуеги кIудияб пайда букӀина.

Исламалда хасго кӀвар буго рацӀцӀа-ракъалъиялъул. МухӀаммад аварагас ﷺ абуна: «РацӀцӀалъи иманалъул бащалъи буго», - ян. Какичури ккола, гIицIго рацIцIалъи цIуниялъул гIаламат гуреб, гьеб жинда цебе гьабулеб бугеб гӀамалалъул инсанасе кӀудияб кӀвар букӀиналъе хIужаги. Гьеб гуребги, Аллагь рази гьавиялъул къасдгун нилъеца гьабулеб бокьараб гӀамал хъвала гӀибадат хӀисабалда ва ТӀадегӀанав Аллагьас гьелъухъ кириги кьола.

ЧӀужугӀаданалъе, лъимер хахулебщинахъе, какичури гьабизе рес щвани, гьеб гьабизе лъикӀаб буго, щайгурелъул, щибаб какие чурулебщинахъе бусурбанчиясул гьелъ мунагьалги чурулел рукIуна. Гьедин бицун буго хIадисалда.

Щаклъи гьечӀого, лъимералъе щолеб кванил нигӀматалъеги пайдаяб асар гьабула, лъимералъулъ лъикIаб тIабигIат бижиялъе квербакъула. КIванагIан, лъимер хахулаго яги цогидаб куцалда гьеб кваназабулаго, Аллагь рехсеялда тIадчIей гьабе, силсила, Къуръаналъул рекIехъе лъалел сураби цIале. Ин шаа Ллагь, гьелъул пихъ нужеца бакIарила, лъимер кIудияб гIедал.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...