Аслияб гьумералде

Рамазаналъул сардал

Рамазаналъул сардал

Рамазан ккола рухӀияб рацӀцӀалъиялъул, жиндирго ракIалъухъ халгьабиялъул, ТӀадегӀанав Аллагьасде гӀагарлъиялъул моцӀ. Гьеб хирияб заманалда, дунялалъулго бусурбабаз къад кӀал ккола, къаси какал раялде кӀварги кьола.

 

РухӀанияб къут босулеб

заман

Щибаб къойил руччабазул рукIуна гьаризе кколел гIемерал хIалтIаби. Рамазан моцӀалъин абуни рес кьола гIумруялъул гIадатияб чваххиги гьоркьоб къотӀизабун, дунялалъул ахӀи-хӀуралдаса рорчӀизе ва жиде-жидер ракIалде кӀвар буссинабизе.

 

РекIее парахалъи

Рамазан моцӀалъ къаси ралел какал ккола рухӀияб хӀалбихьи. КӀал биччаралдаса хадуб, черхги пикруги бацӀцӀалъидал, къаси заман лъугьуна ракӀбацӀцӀадго гӀибадат гьабизе лъикӀаблъун. ГӀемерисеб мехалда рокъоса хIалтIи камуларел руччабазе къасимех парахалъилъун лъугьуна. Гьеб ккола Халикъасда цее чӀезе щолеб заман.

 

Жанисеб кьучӀ

Исламалъ кидаго къабул гьабула чӀужугӀаданалъул рухӀияб къуват. Къуръаналда ва хIадисазда рехсон руго исламалъул тарихалда аслияб бакӀ ккурал диниял ва гӀакъилал руччабазул гӀемерал мисалал. Рамазаналъул сардаз гьанжесел руччабазе рес кьола гьединаб жанисеб къуват рагьизе.

 

Иман щула гьаби

Къасимехалда гӀибадат гьабиялъ иман щула гьабула. Рамазан моцӀалъ гӀибадат гьабиялде тIаделъарай чӀужугӀаданалда Аллагьасде гӀагарлъиялъул тIагIам лъала, гьелъие кьола божилъи ва парахалъи.

 

Жийго камил гьайи

Къасимех буго жалго жидедаго чӀун ургъизе рес бугеб заман. Сардил сихӀкъотӀиялда жаниб кӀола нилъерго ишазда, гъалатӀазда ва мурадазда тIад ургъизе. Гьелъ кумек гьабула загӀипал бакӀал рихьизе ва гьел ритӀизаризе.

Психологияб сахлъи

Рамазан моцӀалъ кӀал кквеялдалъун ва как баялдалъун сахлъиялъе къуватаб асар гьабула. Гьез кумек гьабула ургъел тIаса босизе, пашманлъиялде дандечIезе. РакӀ-ракӀалъулаб дугӀагун Аллагьасде руссиналъ парахалъи кьола.

 

Сабру ва къвакӀи

КӀал кквезе ккани къваригӀуна сабру. ТIубараб къоялъ кӀал кквеялъги, какал раялъги куцала черх, щула гьабула рухӀияб рахъ.

 

Бухьенал щула гьари

ЧӀужугӀаданалда рухӀияб парахалъи батидал, гьелъ лъикӀаб асар гьабула хъизамалъего. Гьелъул парахалъи лъугьуна гӀагарал чагӀазе баракатлъун. Ифтарал ва сухӀур цадахъ гьабиялъ, гьединго, рес букIун цадахъ какал раялъ хъизамалъул бухьенал щула гьарула.

 

Лъималазе мисал

ГӀибадат гьабиялъе жигар бахъулей эбелалъ лъималазда мисал бихьизабула. Гьелъ гьезда малъула иманалъул, сабруялъул ва баркалаялъул кӀвар, кьола къиматал рухӀиял дарсал.

Малъа-хъваял

Гьабе заманалъул хӀисаб: хӀаракат бахъе къоялъул низам гӀуцӀизе ва цIунизе. РахӀатаб ахӀвал-хӀал гӀуцӀизе хIаракат бахъе. Какалги рай парахатаб ракIгун.

 

ДугIаялде кӀвар кьей

Къаси заман ккола дугIа хасго къабул гьабулеб заман. Дунялалдаги ахираталдаги къваригӀараб жо Аллагьасда гьаре. ТӀаса лъугьин, битIараб нух, къуват ва дунял-ахираталъул кинабго лъикӀлъи гьаре дуего ва дурго гӀагарлъиялъе.

 

Къуръан цӀали

Рамазан моцӀалъул сардал ккола Къуръаналъул гъварилъуде лъугьине лъикӀаб рес кьолеб заман. Гьеб цӀалила пикру гьабун, аятазул магӀна бичӀчӀизе хӀаракатги бахъулаго.

Дуего бокьараб куцалда какал разе, Къуръан цӀализе кӀолеб гьечӀони, ракӀ буссун лъугьунге. Аслияб жо ккола ракӀбацӀцӀадаб къасд ва кидаго лъикӀлъизе хӀаракат бахъи. Аллагьасда бихьула щивасул хӀаракат.

 

Хадижат Хизриева

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...