Аслияб гьумералде

Хъизамалъул талихI цIунулеб дугIа

Хъизамалъул талихI цIунулеб дугIа

ТалихIаб хъизан - инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Чара гьечIого, гьединаб рахIмат щварав чияс гIемераб щукру гьабизе ккола. Амма бищун гIамал рекъарал рос-лъадуда гьоркьобцин цо-цо дагIба-рагIи ккечIого букIунаро.

 

Гьединал лахIзатаз кIвар кьезе ккола сабру гьабиялде, хадуб ракIалда бухIулел рагIаби абичIого, мацIалъе гIадлу гьабиялде. КIванагIан хъизан сах-саламатго цIунизе, цоцадехун ругел тIалабал, дандеккунгутIаби тIагIинаризе, рокьи щулалъизе ва гьоркьоблъи рекъезабизе бокьарал рос-лъадиялъе Аварагас ﷺ тун буго гьаб дугIа:

 

اللهم ألف بين قلوبنا ، وأصلح ذات بيننا ، واهدنا سبل السلام ونجنا من الظلمات إلى النور ، وجنبنا الفواحش ما ظهر منها وما بطن ، وبارك لنا في أسماعنا وأبصارنا وقلوبنا وأزواجنا وذرياتنا وتب علينا إنك أنت التواب الرحيم ، واجعلنا شاكرين لنعمتك ، مثنين بها وقابليها وأتمها علينا

 

«Аллагьумма аллиф байна къулубина, ва аслихI зата байнина, вагьдина субула ссалами, ва нажина мина ззулумати ила ннур, ва жаннибнал фавахIиша ма загьара мингьа ва ма батIана, ва барик лана фи асмагIина ва абсарина ва къулубина ва азважина ва зурриятина, ва туб гIалайна, иннака анта Ттаввабу Ррахим. ВажгIална шакирина линигIматика, муснина бигьа ва къабилигьа ва атиммагьа гIалайна».

МагIна: «Я Аллагь, нижер ракIал данде гьаре ва гьоркьоблъи лъикIлъизабе. Ниж рекъелалъул нухдасан ва бецIлъиялдаса канлъухъе раче. КъабихIабщинаб нижедаса рикIкIад гьабе, загьирияб букIа, батIинияб букIа. Нижер рагIиналда, бихьиялда, ракIазда, чIужу-лъималазда баракатги лъе, тавбуги къабул гьабе. ХIакълъунго, Мун тавбу къабул гьабулев ва рахIму тIокIав вуго. Гьаре ниж Дуе киналго рахIматазухъ баркала загьир гьабулездасан, гьезухъ щукру бугездасан, гьел къабул гьарулездасан ва гьел нижее жеги цIикIкIинеги гьаре».

(Абу Давуд, ТIабарани).

Гьаб дугIа ракI-ракIалъ цIалиялда тIадчIей гьабуни, ин шаа Ллагь, сабаблъун ккела хъизамалъул талихI цIуниялъе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...