Аслияб гьумералде

«КIвахIалал голубцаби»

«КIвахIалал голубцаби»

«КIвахIалал голубцаби»

Голубцаби рокьараб, амма заман дагь гурони гьечIеб мехалда, гьаризе бегьула «кIвахIалал голубцаби».

 

ХIажалъула:

Буссараб гьан – 400 г.

ХъапустIан – 400 г.

ПиринчI – 0,5 стакан.

Хоно – 1.

Ламадур – 1.

Ражи – 2 гожо.

Семучкадул нах – 1 кIудияб гъуд.

ЦIам, пурчч.

 

Соусалъе:

Томат – 2 кIудияб гъуд.

Лъим – 1 стакан.

 

Гьабулеб къагIида:

  1. ХъапустIан гIиссин гьабун буссина ва бухIараб лъимги тIаде тIун 10 минуталъ тела.
  2. ПиринчI белъина, амма тIубанго белъине теларо. Гьалун хадуб 10-12 минуталдасан цIадуда тIаса нахъе босила.
  3. Пер гIиссин гьабун буссила. Ламадур чIахIияб теркаялдасан биччала. Ражи бухила.
  4. Нахги тIун, перги ламадурги бежила 7 минуталъ.
  5. Буссараб гьан, хъапустIан, пиринчI, ражи ва режарал овощал журазарила. Гьенибего хоно чIехьела, цIан-пурчч рекъезабила.
  6. Квералги риччизарун, голубцаби гьарила.
  7. Томат лъеца билъина. Голубцаби бежулеб формаялда жанир сукIила, билъараб томат тIаде тIела.
  8. 180°С хинлъараб духовкаялда жаниб цо сагIалъ режила.

«КIвахIалал голубцаби» цере лъезе бегьула тIорахьгун, тIаде гIурччинлъиги щван. Цадахъ пьюре яги белъараб картошка кьезе бегьула.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...