Аслияб гьумералде

ХIаялдалъун тарбия

ХIаялдалъун тарбия

ХIаялдалъун тарбия

Чорокал рагIаби абулесе Алжан хIарамаб буго. Гьеб нилъее баянлъана Абу Давудица бицараб Аварагасул хIадисалдасан. Гьаб ахир заманалдайин абуни, гьеб нахъегIанаб иш цIакъ тIибитIун буго. Щивасул кIалдир абухъе рукIуна чорокал, абизецин щиб гуреб, рагIизецин нечарал рагIаби.

 

Хасго сурун букIуна, нич-намусалъул мисаллъун чIезе кколел гIолилал ясазул калам, гьел рагIабаз, гIодорегIанал харбаз, зазихинабун бихьидал. Чорокал махсарабиги гIемерлъун руго. Лъималаз гьединал рагIаби абулеллъи лъалезда берал къанщун чIей рекъоларо. Балугъав чийин абуни, чорокаб каламалдалъун жинцаго жиндиего мухIканго Алжан хIарам гьабулев, гьесде гIакъилав чийин кин абулеб?

Цо диналъул яцалъ бицана: «Дие Аллагьас кIиго лъимер кьуна: васги ясги. Киналго лъимал гIадин, диралги гIемер цоцалъ рагъдолаан, цо-цо расанди хIисабалда, цо-цо унго-унгояб хIалалъ. Гьоркьо-кодоб чорокал рагIаби абизеги байбихьана гьез.  Ясалъул 16 сон букIана, васасул 10. Гьеб масъалаялъ ургъел ккарай дица, ракI-ракIалъ Аллагьасе дугIа гьабуна, берцинго гьеб иш тIубазабизе дие кумек гьабегиян.

Хадусеб къоялъ гьадинаб жо гьабизе хIукму ккана: дица гьел кIиялго ахIана, ва абуна: «Дие рекIее гIолеб гьечIо нужеца нужерго малаикзабаз гIамалал хъвалел кагътал нахъегIанал рагIаби абиялдалъун чорок гьарулел рукIин. Гьале нужер щивасухъе дица кьолеб буго тIамачги къаламги. Цоцадехун бокьулареб жо абидал, жинде гьеб абурас жиндирго тIамчида хъвай гьел рагIаби, амма данде жаваб гьабуге. Къасийин абуни, нилъ ракIарила ва рикIкIина, лъил тIамчида рагIаби гIемер ратула. Жинца дагь гьединал рагIаби абуразе сайгъат букIине буго», - ян. Масала, васас квешаб рагIи жинде абуни, гьеб ясалъ хъвазе кколаан. Гьелъ абуни, васас хъвалаан. Жеги тIаде жубараб шартI букIана: цоцал рази гьаризе кIвани, хъвараб рагIи тIанчидаса бацIцIине гьабулаан.

Чанго къоялъ гьеб къотIиялда рукIана ниж. Дагь-дагь ккун, рокъоб хIал лъикIлъизе байбихьана. Лъимал цоцалъ рагъдолел рагIулелго рукIинчIо. Бищунго гIажаибаб жо букIана, цоцаде данде гьусизаруниги, квешезе жал гьаруниги, рагIи абичIого хIехьолеб букIараб куц. «Дида бичIчIана дур мурад. Дуе жакъа бергьине ва сайгъат дуего босизе бокьун буго, амма дица дуде щибниги абиларо», - янги абун, сабру гьабун чIолаан».

Нилъецаги бегьула гьалда релълъараб щибниги ургъун, хIайи хIисабалда лъималазе тарбия кьезе. ЦохIо «гьабуге» - ян абураб рагIи гIолеб гIисинаб гIел нилъер замалда къанагIат гурони гьечIо.

 

Хадижат Хизриева

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...