Аслияб гьумералде

Хаслихълъиялъул ярмарка

Хаслихълъиялъул ярмарка

Гьал ахирал соназда лъикlаб гlадатлъун лъугьун буго Казбек районалъул Ленинаул росулъ бугеб №2 школалда Хаслихълъиялъул ярмарка тIобитIи.

 

Исанаги школалъул директор Зияродинова Нажабатил нухмалъиялда гъоркь, школалъул тlолабго коллективалъ берцинго къачlан хlадурараб майданалда тlобитlана ярмарка.

Гьениб лъикlаб гlахьаллъи гьабуна цlалдохъабазги гьезул умумузги.

Ярмаркаялда щвараб гlарац - 415 азарго гъурущ, коллективалъ кьуна Ленинаул росулъ балеб бугеб руччабазул РухIияб централда гьабулеб хlалтlуе кумекалъе букIине. Гьеб лъикlаб ишалъе гlоло, росдал администрациялъ, мажгиталъул советалъ кlудияб баркала кьолеб буго ярмаркаялъул киналго гlахьалчагlазе.

Аллагьас къабул гьабеги гьабураб гьабураб садакъа.

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...