Аслияб гьумералде

Анлъго насихIат

Анлъго насихIат

Анлъго насихIат

ЛъикIал чагIазул цояс бицана: «Цо нухалъ дихъе рачIана гьалбал. Гьел кIудияб макъамалъул чагIи рукIинги бичIчIун, дица гьезда гьарана дие насихIат гьабеян. Гьез абуна:

 

«Нижеца дуе насихIат гьабулеб буго, гьаб хадуб рехсараб анлъго жо кIвар кьечIого тогеян:

      1. ГIемер кьижулев чиясда ракIалда ккоге, аят-хIадисалъ гьесул рекIее асар гьабилин.
      2. ГIемер кваналесда къаси гIибадат гьабизе вахъине кIоларо.
      3. ЗулмучагIазулгун гьалмагълъи гьабулесда битIараб нух ккун бажаруларо.
      4. Гьереси-гъибат гьабун ругьунлъарасул ахир мекъи ккеялда хIинкъи буго.
      5. ГIемераб заман гIадада хвезабулесе, гIадамазулгун харбида вукIунесе гIибадат гьабиялъул гьуинлъи щвеларо.
      6. ГIадамазул разилъиялда хадув лъугьарав чиясе ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъи щвеларо». («РухIул баян»)

Гьанже рачIаха рехсарал насихIатазул магIна гьабизе.

      1. ГIемер кьижиялъ ракI согI гьабула, аят-хIадис, вагIза букIа, кигIан гIемер гIенекканиги, гьелъ асар гьабичIого хутIула. ЛъикIлъи гьабулаго, дунял-ахираталъе маслихIатаб жоялде машгъуллъун тIамизе бегьулеб букIараб заман гIадада биччараблъун ккола. Гьебги, Алжаналъул агьлуялъул бищун ракI бухIулеб жо - гIадада биччараб, Аллагь ﷻ рехсечIого тIамураб лахIзат букIаго. Инсанасул гIумруялъул лъабил бутIа кьижун унеб буго. Гьеб жеги цIикIкIинабизе бусурбанчиясда рекъараб гьечIо.

Цере рукIарал лъикIал чагIаз макьие лъикIаб гIадлу гьабулеб букIана, нафсгун къеркьон, Аллагь ﷻ разилъи тIаса бищун. 

ЦIаларал чагIаз абулеб буго, 5-6 сагIат макьие гIолилан. Бищун лъикIаб заманги, боголил как бан, дугIа-азкарал гьарун хадуб кьижизе рахин буго. Хасго къаси анцIго тIубаралдаса кIиго тIубазегIан гьабураб макьу бищун беццараб буго. Жеги къалъилелде, дагьаб заманалъ къайлулат гьабуни, суннатги тIубала, къуват-хIалги цIикIкIуна. Бусурбабицин гурел, амма заманалъул къимат бичIчIарал, чанги машгьурал гIадамазги жидерго макьуялъе гIорхъи чIезабун букIана.

      1. ГIемер кванаялъ зарал гуреб жо гьабуларо. Бокьа-бокьараб щун, щибго инкар гьабичIого, хъвезе кьара гьабизе хьихьараб баси кинниги, нафс биццалъула, гьелъие бокьараб жоялдаса гьеб нахъчIвай къойидаса къойиде захIмалъула. Нафсалъ чиясда тIад кверщел гьабула. Гьеб гIечIого, гIемер кваналесул черх бакIлъула. КIвахI цIикIкIуна. Кинха цинги гьединасда гIибадат гьабизе вахъине кIвелеб?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): « Я Адамил лъимал! Кванай ва гьекъе, амма гIорхъолъа унге, гьелъ нужее ва нужер малалъе зарал гьабула. ХIакълъунго, гIурхъаби рахунел Аллагьасе рокьуларо (хIалалалъулъ букIа, хIарамалъулъ букIа)» («Ал-АгIраф», 31).

ХIадисалда буго: «Дунялалда гIорцIун рукIарал гIемерисел гIадамал, Къиямасеб къоялъ бищунго ракъараздасан рукIине руго», - ян (ибн Мажагь).

      1. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Кинавниги чи жиндирго гьудуласул диналда вукIуна. Гьединлъидал балагье, лъилгун гьудуллъиялда вугевали», - ян (Абу Давуд). Гьаб хIадисалдасан нилъеда бичIчIула лъабабилеб насихIаталъул магIна: зулмучиясулгун гьудуллъи ккурав зулмучилъун вахъуна кида-къадги. Жинца щибго квешлъи гьабичIониги, гьабулесда тIадрекъеялъ гьезда гьоркьоб щибго батIалъи хутIуларо.

Аварагас ﷺ абун: «Зулмучигун вукIун, гьесул хIалги лъан, гьесие кумекалъе вортанхъарас Ислам рехун тана», - ян (АхIмад, ТIабарани).

Зулмучиги хIажатавлъун ккола кумекалде. АскIов вугесда тIалъула гьабулеб квешлъиялдаса гьев нахъчIвазе.

      1. Гьереси бициналъ ахир мекъи ккеялде кин рачине рес бугебилан суал баккани, Аварагас ﷺ абун гьечIищ: «Гьереси бициналдаса рикIкIалъе, гьересиги мекъи ккейги цадахъ рукIуна, гьеб кIиялъулго бакIги жужахI буго» (ибн Мажагь).

Цо нухалъ Аварагасда ﷺ  цIехола бусурбанчи гьерсихъанлъун вукIине рес бугищин абун. «ГьечIо, бусурбанчияс киданиги гьереси бицунаро», - ян жаваб гьабун буго Аварагас ﷺ.

Гъибаталъул бицине ккани, гIемераб жо абизе бегьула. Амма дун гьалда къокълъила: гъибатчияс гьабула, лъугьа-бахъин, буголъи, берцинлъи-суриялъе сабаблъун цогидалги рихьун, хIакълъунго, кинабго кодосев Аллагьасдасан ﷻ гьеб букIин бихьичIеб мехалъ. Халкъалъул хIалкIолъи сунде бугониги бугин ракIалде ккеялъ. Бахчараб ширк гуребищха гьеб? Аллагь кIоченалдаса кIудияб мунагь гьечIинги абулеб буго тIолалго шайихзабаз.

      1. Аллагьгун ﷻ кIалъай гIадал харбал рициналъухъ хисарав, БетIергьангун кIалъай рехун тарав чиясе кинха щвелеб гIибадаталъул гьуинлъи? ГIадада биччараб заман Къиямасеб къоялъ бадибчIваялъе ва ракIбухIиялъе гурони батуларо.
      2. ГIаишатица бицана, жинда рагIанин Аварагас ﷺ абулеб: «Лъица бугониги гIадамазул разилъи тIалаб гьабуни, Аллагьасул ццим бахъинабулеб жоялдалъун, гьединав чи Аллагьас гIадамазде тIамун тела. Амма Аллагьасул разилъи тIалаб гьабурав, гIадамазул ццим бахъинабуниги, гьел гIадамалгун раккулел захIмалъабаздаса Аллагьас цIунила», - ян (Ат-Тирмизи). Аллагьасул ﷻ разилъиги гIадамазул разилъиги щвела гьесие. Махлукъаталда тIад вугев Халикъ тIаса вищарасе хайир щвела. Аллагь ﷻ тIаса вищарав гIадада холаро.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее битIараб нух кквезе! Амин.

 

Хадижат Хизриева,

ДИУялъул мугIалимат

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...