Аслияб гьумералде

Цолъизарураб къец

Цолъизарураб къец

Цолъизарураб къец

БатIи-батIиял миллатал цолъизарулеб, диналъул яцазда гьоркьоб гьудуллъи щула гьабулеб гIелмияб къец тIобитIана Казбек районалъул Дилим росулъ.

 

ИчIго районалъул руччабазул командабаз жидерго лъай загьир гьабуна СагIид-афандиясул «Аварагзабазул къисаби» абураб тIехьалда тIасан.

Гьоркьо-гьоркьор мавлидал ахIун, театралияб постановка бихьизабун, рекIее асар гьабуледухъ тIобитIана гьеб къецги. Руччабазул отделалъул нухмалъулез ва Дилим росдал имамас насихIаталгун вагIзабиги гьаруна гьенир.

Къецалъул хIасилал гьаридал тIоцебесеб бакI ккуна Казбек районалъул руччабаз. КIиабилеб бакIалде бачIана Нугъай районалъул команда ва лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Хасавюрт районалъул диналъул яцазул команда.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...