Аслияб гьумералде

Руччабазул ратIлил хIакъалъулъ аят

Руччабазул ратIлил хIакъалъулъ аят

«Дуца абе, ва МухIаммад авараг, дурго руччабаздаги, ясаздаги ва муъминзабазул руччабаздаги, хIажат ккун къватIире рахъунел ругони, жидеца рахчизареян жидер бутIрул ва тIолабго черх. Гьеб бищунго гIагараб ва рекъараб буго гьел гъаравашаздаса ратIа рахъизе лъаялъе, цинги жидее мунапикъзабаздаса заралги щунгутIизе. (ТIадегIанав) Аллагь цебеккун бутIрул, гьурмал рахчичIого хьвадиялдаса тIаса лъугьарав ва жидее маслахIатабщинаб гьабун, гурхIулев вуго» («аль-АхIзаб», 59 аят).

Аят рещтIиналъе сабаб ккана, Мадинаялда жидерго хъулухъалъ къватIире рахъарал руччабазе мунапикъзабаз инжитлъи гьабулеб букIин, ай гьел зинаялде ахIиялдалъун. Амма мунапикъаз тIалаб гьабулаан хIурратал (узденал руччаби) гурел, гIицIго гъаравашал.

РатIлил къагIида цо букIун, гъаравашалги хIурраталги ратIа рахъизе лъангутIиялъ, гъаравашалин ккун, мунапикъзаби цо-цо хIурратаздеги кIалъан кколел рукIана. Гьелъул хIакъалъулъ хIурратаз свалат-салам лъеяв Аварагасде гIарз гьабун буго. Гьеб мехалъ рещтIун буго рехсараб аятги.

Цебе руччаби жидерго хъулухъалъ къватIире рахъунел рукIун руго сардилъ. ЦIакъго рес къотIун къад рахъине ккани, чIухIараб гуреб, гIадатияб, басрияб ретIелги ретIун рахъунел рукIун руго. Рехсараб хIалалда гурони къватIире рахъунгутIиялдасан букIараб мурадги - бихьиназдаса жалги, жидеда бихьиналги рихьиялдаса цIуни букIана, гьелъул кинабго рахъалъан маслахIат букIиналъе гIоло. Цере аразул нухде рачIине ТIадегIанав Аллагьас кантIизареги руччаби.

Берцинго ретIа-къан къватIире рахъин

Щий йигониги рокъоса къватIие яхъун берцинаб махIги гьабун, тIадагьго, чIухIараб ратIлилъ, гьелъие буго зина гьабуралда бащадаб мунагь. ЛъикIай чIужугIаданалъул гIаламатин абуни, хIакъикъияб Исламалъул агьлуялда аскIоб буго гьей гIаданалъул берцинлъи, ТIадегIанав Аллагьасдаса хIинкъарай йикIин.

Бечелъиги буго гьелъул ТIадегIанав Аллагьас кьуралда гIей гьабун, гьелда разилъун чIолей йикIин. Гьелъул къачIайги буго «гIифат», ай къабихIаб пишаялдаса, тIадагьаб хьвадиялдаса цIунарай йикIин. Аби буго чIужугIаданалъул мисал бугин миккил тIинчIалъул.

Миккил тIинчI куркьбал гьечIолъиялъ рукIниб жаниб чIаниги, куркьбал рижарабго боржун унеб гIадин, чIужугIаданги бетIергьанчияс чIухIараб ретIелги босун къачIайдал къватIие уна.

Аварагас абуна: «Щив чи вугониги жиндие хIалаллъуларей, ай жиндирго хъизан яги гъараваш гурей чIужугIаданалъулгун махсаро-хочIалъул хабар бицун, гьев чи ккола жужахIалде, щибаб калима рикIкIун (гьейгун кIалъараб щибаб рагIи рикIкIун) азарго соналъ. Гьединго жиндие хIарамай чIужугIаданалда (чияр гIаданалда) къочарав чи, щайтIаналда къочизеги гьавун, маххул раххасги бан, вехъерхъун рехула жужахIалъуве», - ян.

Халгьабе Исламалъ чIужугIаданалъул гьабулеб къадру-къимат, хIурмат бихьизе. Къиматаб хазина халкъалда цебе рехун букIунеб гIадат гьечIо, гьелъул гIаксалда, жиб букIине кколеб бакIалдаги лъун цIунун букIуна. Гьединал къимат бугел рукIиналъ гурищ руччабазда абулеб бугеб: «Нуж, къваригIел ккун, рес къотIун гурони, къватIире хьвадичIого рокъор чIа, нужеца нужерго берцинлъиги загьир гьабуге, бегьулеб бакIалда гурони, нужерго къадру-къиматги цIуне», - ян.

САГIИД-АФАНДИЯСУЛ РУХIИЯБ ИРСАЛДАСА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...