Аслияб гьумералде

ГIибадат гьабизе лъимал кин ругьун гьарилел?

ГIибадат гьабизе лъимал кин ругьун гьарилел?

Интернеталъ ва телефоназ мекъаб нухде бигьаго цIазе рес бугеб нилъер гьаб захIматаб заманалда, лъимал гIезарулей эбелалъул хӀалтӀи буго, гӀицӀго гIаданлъи малъи гуребги, рухӀияб тарбия кьейги.

 

Гьелъул бищун чарагьечIебги ккола Аллагьасе ﷻ гӀибадат гьабизе лъимал ругьун гьари. ГIибадат букӀине кколаро къваридаб борчлъун, гьеб лъугьине ккола рохелалъул, Аллагьасде гӀагарлъиялъул ва жанисеб канлъиялъул кьучӀлъун. Кин нилъеца кумек гьабизе бегьулеб лъимералъе гIибадат гьаби бокьизе?

Лъималазда лъала чӀахӀиязул рекӀел хӀал. Как базе рахъаян абун, согIаб амру гьабуни, гьез дандечӀей гьабизе рес буго. Жидее аваданлъи гьабулел расанкIабиги, мультфильмалги тун, как базе ине захIмалъизе бегьула. Амма эбелалъ, рачӀа нилъеца цадахъ как базеян абуни, гьеб буго ахӀи, ай амру гуро. Нилъеца Къуръан цӀализе кколаян абулеб бакӀалда, рачӀа нилъеца Къуръан цIалила, гьеб цӀалараб мехалда малаикзабиги рохулелъулин абун, гъира базабила. ГӀибадат гьаби лъугьине ккола тIадкъай гуреб, бухьеналъул лахӀзатлъун.

Лъимералъ цо щиб бугониги босеян гьаридал, малъизе бегьула, гьеб Аллагьасда ﷻ гьареян. Бичун босидал, гьале дуца гьарараб Аллагьас ﷻ къабул гьабун, дуе битIанаян абун, гьитIинго Аллагьасде ﷻ рокьиги таваккалги лъимадулъ щула гьабизе лъикIаб буго.

Лъималазе бокьула гӀенеккизе. Маргьабаз гьезул пикру хIалтIизабула, гIибадат чӀаголъизабула. Лъималазда бичIчIизабизе бокьараб берцинго, нилъеего хIажатал пикраби гьезулъ щулалъулеб хIалалда бицина. Кьижилалде цебе аварагзабазул, асхIабзабазул къисаби рицина. Гьезда релълъенлъи гьабизе гъира базабила.

Хъизамалда гIадатлъун билълъанхъизабила кьижилалде цебе цадахъ дугӀа гьаби. Малъила щиб гьарилебали, «Амин» абизе лъималги тIамун, рагIун дугIа гьабизе бегьула.

Эбелалъе лъималазул бугеб кIварги рокьиги бичIчIизелъун рагIуледухъ гьезие лъикIабщинаб гьарила. Лъимералдаги гьикъила, щиб дуе бокьилебин Аллагьасда ﷻ гьаризе.

Как байгIадаб кIвар бугеб иш кӀочон тани, бадибчӀвай гьабуге. ХӀеренго ракӀалде щвезабе. «Дидаги цо-цо мехалда кӀочон тола. РачӀа нилъеца цоцазда ракӀалде щвезабизе», - ян абила.

 

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...