Аслияб гьумералде

Кин загьир гьабураб?

Кин загьир гьабураб?

Хадижат хун хадуб Аварагас ﷺ гьелде жиндирго рокьи кин загьир гьабулеб букIараб?

 

Хирияв Аварагас ﷺ Аллагь разилъаяй Хадижатил щибаб къойил бицунаан. Гьелъ жиндиего Ислам тIибитIизабизе гьабураб кумекалъул бицунаан. Гьелъул гьудулзабилъун рукIарал руччабазе сайгъат битIулаан, гьей жиндие бищун йокьулей йикIарайлъи жиндирго руччабаздаса бахчулароан.

Жинда Аллагь разилъаяй ГIаишатица бицана: «Цо нухалъ Аварагас ﷺ рецц гьабун Хадижатил цIар бахъидал диде гъар-гъар бачIана ва дица гьесда абуна: «Щай дуе гьей хварай чIужуялъул бицун, дуе Аллагьас ﷻ гьелдасаги лъикIай, берцинай чIужу кьун йигогури», - абун. Гьеб гьелъул жиндего бугеб ишара букIана. Аварагасул ﷺ гьелъ ццин бахъинабуна ва абуна: «АллагьасхIаги, дие Гьес ﷻ кьечIо гьей Хадижатидаса лъикIай чIужу. Гьелъ дида иман лъуна цогидаз лъечIеб мехалъ, цогидаз гIайиб чIвайдал гьелъ чIвачIо, дие кумек гьабуна боцIи-малалдалъул цогидаз махIрум гьавурав мехалъ. Аллагьас ﷻ гьелдаса лъимал кьуна цоги руччабадаса кьечIеб мехалъ», - абун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...