Аслияб гьумералде

Нужер бищунго лъикӀав...

Нужер бищунго лъикӀав...

Нилъер щивасул букӀуна щибаб жоялъул хӀакъалъулъ цо хасаб пикру, рекIелчIей. Гьединаб пикру гьабула рос-лъадул букIине кколеб гьоркьоблъиялда банги. ГӀемерисеб мехалда, жакъа халгьабуни, гьеб гӀуцӀулеб батула фильмаздалъун, тӀахьаздалъун ва сериалаздалъун.

 

Гьениб бихьизабураб рокьул сипат камилаб бугин ккола гIолохъанаб гIелалда. Амма нилъер хирияв Аварагасул ﷺ гӀумруялде балагьани, нилъеда гьениб рокьи бихьула бищунго гвангъараб къагIидаялда. Руччаби кIудияб адаб-хӀурматалда цIунун ва рокьиялъ сверун ккун рукӀана Аллагьасул Расуласда ﷺ аскIор. Гьелъие гIемерал мисалалги руго.

Бусурбабазул лъудби, гӀемерисеб мехалда, зулмуялда гъоркь ругел ва талихӀкъосарал руччабилъун рихьизаризе тушбабаз хIаракат бахъулеб букӀаниги, хIакъикъаталда, исламалда рекъон лъадул гьабизе ккола унго-унгояб хӀурмат.

ХIадисалда буго: «Нужер бищунго лъикӀав вуго хъизаналъе лъикӀав, дунги вуго нужер бищун лъикӀав дирго хъизаналдехун бугеб бербалагьиялъулъ», - абун (ибн Мажагь).

Аварагас ﷺ жиндирго руччабаздехун рокьи кинха бихьизабулеб букIараб?

 

Рокьул хӀакъалъулъ бицин

Анасица бицана цо нухалда жинца Аварагасда ﷺ гьикъанин: «Дуе бищунго хирияв щив, я Аллагьасул Расул ﷺ?» - абун. Гьес жаваб кьуна: «ГӀаиша», - ян.

Бихьиназда гьоркьоса щивха, я Аллагьасул Расул ﷺ? - ян цIедал, гьес жаваб гьабуна: «Гьелъул эмен, Аллагь разилъаяв Абубакр», - ян.

 

ЧӀужугун цадахъ кванай

ГIаишатица бицана, Авараггун ﷺ цадахъ кваналаго, жинца хIанчIараб бакIалдаса хIанчIанин гьесги гьан ва лъим гьекъолаго, жинца кIутIби хъваралъусан гьекъанин абун.

Цоги хӀадисалда буго: «Щибаб нухалъ дуца щиб букӀаниги харж гьабураб мехалъ, дуе гьелъухъ кири щола, лъадул кӀалдиб лъураб кванил кесекалъухъцин», - ян. (Бухари, Муслим)

 

Лъадигун хӀай

ГӀайшатилгун къецалги гьарулаан Аварагас ﷺ. Сапаралда рукIаго, цогидал асхIабзабазда цере аянги абун, гьес ﷺ гьей ахIана рекерун щал цере кколелали къецалде. ГIаишат бергьана. Хадуб, заман индал, цIидасан гьебго къецалде Аварагас ﷺ гьей ахIидал, гьев бергьана ва «гьаб дуе доб нухалъухъ буго», - ян абун махсара гьабуна.

 

Гьелъул накабазда веги

Аллагь разилъаяв ГӀайшатица бицана Аллагьасул Расулас ﷺ жиндир накабазда бетӀерги лъун, Къуръан цӀалулаанин.

 

Лъадул гьудулзаби рокьи ва гьей ракӀалде щвей

Аллагьасул Расуласда ﷺ киданиги кӀочон течӀо Хадижат. ГӀаишатица бицун нилъеда лъала, гьес ﷺ, Хадижат гIемер рехсолей йикӀарайлъи, гьелъ жиндие гьабураб кумек киданиги кIочене течIеблъи. ХIатта гьелъул гIемер бициналъ, гьелдехун гъиратцин ГIаишатил цIикIкIараб букIун буго, чIагоял руччабаздехунцин гьечIеб. Аллагьасул Расулас ﷺ чахъу хъведал, Хадижатил гьалмагъзабазе бутIа битIулеб букIун буго, гьей кIодо гьаюн. ТIоцеесей лъади Хадижат чIаго йикIаго, Аварагас ﷺ цониги чIужу ячинчIо. Гьелъул хӀакъалъулъ Бичасул Аварагас ﷺ гьадин абулеб букIана: «Гьей божана дида, цогидал божичӀел мехалъ, гьелъ дир рагӀаби ритӀухъаллъун рикӀкӀана, гӀадамаз гьересиян абураб мехалъ, цогидаз дидаса инкар гьабураб мехалъ жиндир бугеб дие кьуна, гьелдасан гурони Аллагьас дие лъималги кьечӀо», - ян.

 

ЧIужуялъе кумек гьаби

ГӀаишатица бицана Аллагьасул Расулас ﷺ ретӀел-хьит къачӀалеб букӀанин, цIцIе бечIчIулаанин ва цогидал рукъалъул хӀалтӀабиги гьарулаанин абун.

 

ЦӀарал ахӀи

ХӀадисалда рекъон, Аварагас ﷺ ГӀаишатиде хитӀаб гьабулеб букӀана «ХIумайра» - «багӀараб, роцIцӀараб гьумералъул» ва «ГӀайш» (гьелъул тӀубараб цӀаралъул гьитӀинаб форма) абун, гьей йохизайизелъун.

 

Лъадул ракI бохизаби, гьелъие бокьулеб гьаби. Гьелъул мурадазде кӀвар кьей.

ГIаишатица бицана: «Цо нухалъ Аллагьасул Аварагас ﷺ дун ахӀана жиндаго цадахъ мажгиталда абисинал хунжруз хӀалеб мехалда. Гьеб букӀана байрам. Аллагьасул Аварагас ﷺ дида гьикъана: «Ва, ХӀумайра! Дуе бокьун бугищ гьел рихьизе?» - ян. Дица жаваб кьуна бугин абун. Цинги гьес дун жиндаго нахъа чIезаюна ва дида бихьиледухъ гъежги рекъезабуна, дица гьесул гъажалда бетӀерги лъун, гьесул гьурмада гьумерги цун, балагьизе байбихьана.

Цинги гьес дида чанго нухалъ гьикъана: «ГӀайша, мун жеги ялагьилищ?» - абун. Дица жаваб кьуна: «Дагьабги мехалъ», - ян. Гьев дие гIоло гьенив чӀун вукӀана, цинги нахъеги гьикъана: «Гьеб гӀолищ?» - ян. Дица жаваб кьуна: «Дагьабги цӀикӀкӀун», - ян. Дие бокьун букӀана киналго руччабазда бихьизе гьев цохӀо дие гӀоло гьедин чӀун вукӀин».

 

Ургъел гьаби

Анасидасан бицун буго, цо къоялъ Аварагасул ﷺ мадугьалас гьев ахӀун вугин тӀагӀам кваназе. Аварагас ﷺ гьикъана: «Дуца ГӀаиша ахӀулей йигищ?» - ян. Гьелъие мадугьалас жаваб кьуна: «ГьечӀо», - ян. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Гьедин батани, дицаги абила вачIине гьечӀин», - ян.

 

Гьелда ракӀ гурхӀи

Аварагасда ﷺ цадахъ караваналда рекӀун унеб мехалъ, гьесул лъади Сафия гьесдаса гӀемер нахъе ккана ва гIодилаго, Аварагасда ﷺ абуна: «Дуца дун хIинцаб вараниялда рекIинаюн йиго», - ян. Гьеб мехалда Аварагас ﷺ гьелъул магӀу бацӀцӀана ва гьей гIодое йиччазаюлел рагIаби абуна.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...