Аслияб гьумералде

600-яй финалалде йорчIана

600-яй финалалде йорчIана

РагӀалде бахъана Дагъистаналъул муфтиясул лъади ГIайна ХIамзатовалъул призалъе гIоло тIобитIараб «Как – диналъул кьучӀ» абураб тӀехьалда тӀасан республикаялъулаб конкурс.

 

Гьелда тӀоцебесеб бакӀ ккуна МахӀачхъалаялдаса Малика Вегардица. КӀиабилеб бакӀ щвана Курах районалдаса Керимова Файзатие, лъабабилеб бакӀ щвана Гъизилюрт районалдаса МухIаммадова Аминатие.

Гьединго бищунго лъикӀаб 24 хӀалтӀи кӀодо гьабуна грамотабаздалъун ва къиматал сайгъатаздалъун. ГӀаммаб къагӀидаялъ конкурсалда гӀахьаллъана лъабазаргогӀан чӀужугӀадан.

ГIайна ХIамзатовалъ ракӀ-ракӀалъ баркана финалистазда ва баркала загьир гьабуна киналго гӀахьалчагӀазе, бергьаразе кьуна шапакъатал, гьаруна насихIатал.

 

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...