Аслияб гьумералде

Руччабазул сахлъиялъе ва берцинлъиялъе

Руччабазул сахлъиялъе ва берцинлъиялъе

«Квен букӀа дур дарулъун, дару букӀа дур квенлъун». Гиппократил гьел рагӀаби камилго данде ккола зайтуналъул нахул бугеб кIудияб кIвар загьир гьабиялъе. ГӀасрабаз тӀабигӀаталъул сайгъат хӀисабалда хIалтIизабулеб, черх ва рухӀ щула гьабизе кӀолеб нигIмат ккола гьеб.

 

Жиндаса Аллагь разилъаяв ГӀумар ибн ХатӀабидасан бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Зайтуналъул нах кванай ва гьеб черхалда бахе, гьеб баракатаб гъотӀодаса бугелъул», - ян (Тирмизи).

Зайтуналъул нахалъ рекӀел ва лугбузул сахлъиялъе квербакъи гьабула. Гьелъулъ руго антиоксидантал, хасго херлъи нахъчIвалеб Е витамин ва полифенолал. Унтабазде данде къеркьолеб асар бугеб олеокантал.

Черхалдаги рухӀалдаги гьоркьоб рекъел букӀине хӀаракат бахъулей чӀужугӀаданалъе зайтуналъул нах лъугьуна жанисеб ва къватӀисеб канлъиялде унеб нухда кумекчилъун.

Зайтуналъул нах ккола тӀабигӀияб косметолог.

ТӀомол берцинлъи ва сахлъи цIунизе чара гьечIеб жо буго гьеб. ХӀалтӀизабизе бегьула сордо-къоялда жаниб маска хӀисабалда яги кремазда гъорлъеги жубан.

Расул кьалбал щула гьарула, рас гвангъизабула. Хинаб нах ботIрода бахин ккола, рас чурилалде цебе гьабизе лъикӀаб маска.

Малъал щула ва берцин гьарула.

Гьединго руго гьадиналги пайдаби:

- Гормоназул баланс цойиде ккезабула, хасго климаксалъул яги ПМСалъул заманалда.

- А, Д, Е, К витаминазул кумекалдалъун репродуктивияб системаялъе квербакъи гьабула.

- Хасго кӀвар бугеб жо ккола 40 сон баралдаса хадуб, остеопороз ккеялъул хӀинкъи цӀикӀкӀараб мехалда, лугбал щула гьари.

Зайтуналъул нах кин хIалтIизабилеб?

- Салатазде, карщазде ва цогидал квеназде жубан.

- Радал мачIикьго цо гьитӀинаб гъуд гьекъела.

- Лимоналъул сокги жубан гьекъани, тIул ва цогидал жанисел лугбал рацIцIад гьаризе квербакъула.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...