Аслияб гьумералде

Рамазан аль-БутIил тӀехьалъул цебелъей

Рамазан аль-БутIил тӀехьалъул цебелъей

«Дарул ХӀикма» басмаялда тӀобитӀана машгьурав гIалим МухӀаммад СагIид Рамазан аль-БутIил «Женщина. Между тиранией западной системы и милостью божественного законодательства» абураб тӀехьалъул презентация.

 

Гьениб мухIканго бицунеб буго исламалда ва жамгӀияталда чӀужугӀаданалъул ругел ихтияразул, къадру-къиматалъул хӀакъалъулъ.

ТӀехь гӀараб мацӀалдаса буссинабуна ва басмаялда бахъизе хӀадур гьабуна ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ.

ТIехьалъул презентациялда гIахьаллъана жамгӀиял, гӀелмиял ва диниял рахъазул вакилзаби. ХӀурматияй гьоболлъун йикӀана ДРялъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова.

Данделъиялъул гӀахьалчагӀаз баркала загьир гьабуна гьеб кӀвар бугеб асаралъул таржама гьабуралъухъ ва басмаялда бахъаралъухъ муфтияталъул гӀелмияб отделалъул коллективалъе. КӀалъазе рахъараз бицана Рамазан ал-БутIица гьеб асар хъван букӀанин исламиял руччабазул унго-унгояб, тӀадегӀанаб даража бихьизабизелъун, гьезда талихӀги батулин ТӀадегӀанав Аллагьас бихьизабураб гьабиялда жанибин абун.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...