Аслияб гьумералде

Мисаллъун йикӀа

Мисаллъун йикӀа

Бицен буго, цо язихъай гӀадан, кодоб лъимергун, нухда бугеб минаялда аскӀосан уней йикӀанилан. Цинги гьелда рагӀула: «Жаниеги лъугьун, дуе бокьараб босе, амма ракӀалда чӀезабе: къватӀие ячӀиндал дуда хадуб къараб нуцӀа тӀокӀалъ рагьизе кӀоларо. Гьанже дуего щвараб ресалдаса пайда босе, амма кӀвар бугеб кӀочонге», - ян.

 

ЧӀужугӀадан жание лъугьуна ва месед-гӀарацалъ цIурал столал рихьула. Кодоб букӀараб лъимерги гӀодобе биччан, чунтби гӀарац-меседалъул цӀезаризе лъугьуна гьей.

Цо заманалдасан гьаракьалъ гьелда абула: «ИчIго минут хутӀана», - ян. ХутӀараб заманги гӀадада биччачӀого, кӀвараб жоги бакӀарун, гьей къватӀие лъугьуна.

НуцӀа къан уна ва гьеб мехалда ракӀалде щола жаниб хутӀараб лъимер. Амма нуцӀа абадиялъего къала…

Гьедин, гIумруялда жанибги, бищун кIвар бугеб нилъеца рехун тола кIиабилеб, лъабабилеб бакIалде. Аллагьас аманат гьабун духъе кьураб лъимер, дунялалда хадур лъугьиналъ яги цогидаб панаяб жоялде руссун, тарбия кьечӀого хутIани, Къиямасеб къоялъ Аллагьасе жаваб кин кьелеб? Гьесул аманат цIуничIев чияс кинаб гIузру бачинеб?

МухӀамад аварагас ﷺ хасаб кӀвар кьолаан тарбия кьеялде, гьесул рагӀаби ккола щивав чиясе къимат цIикIкIараб нух бихьизабилъун.

  1. Байбихье рокьиялдаса ва гурхӀел-рахӀмуялдаса.

Аварагас ﷺ абуна: «Лъималазда гурхӀуларев, чӀахӀиязул адаб гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян (Абу Давуд).

Рокьи буго тарбия кьеялъул кьучӀ. Лъималазда къвал базе, кӀалъазе, хӀазе ккола. Гьелъ бухьен щула гьабула ва лъимадул ракӀ рагьула.

  1. ГьитӀинаб къоялдасаго гьезда иман ва гӀибадат малъе.

Аварагас ﷺ тӀадкъай кьуна: «Анкьго сон бараб мехалъ лъималазда как базе амру гьабе…», - ян (Абу Давуд).

Гьеб ккола гӀицӀго амру гуреб, гьоркьоса къотӀичӀого тарбия кьеялъул ва диниял тӀадкъаязда хӀеренго ругьун гьариялъул кӀвар ракӀалде щвезабулеб хIадис.

  1. РагӀулъги ишалъулъги мисаллъун йикӀа.

Авараг ﷺ вукӀана яхӀ-намусалъул мисаллъун. Гьес абуна: «Нужер бищун лъикӀал руго жидерго хъизамалъе лъикӀал чагӀи», - ян (Тирмизи).

Лъималаз эбел-инсул хьвада-чӀвадиялдасан гӀемераб жо босула. Нужер сабруги, ритӀухълъиги, лъикӀлъиги ккола гьезул школа.

  1. Заралиял асараздаса гьел цӀуне.

Аварагас ﷺ абуна: «Нужер щивав вуго вехь, нужер щивас жиндирго рехъадул жавабчилъи тӀаде босула», - ян (Бухари ва Муслим).

Гьелъул магӀна ккола эбел-инсуда тӀадаб букӀин лъималаз щиб балагьулеб бугебали, лъилгун гьез гьоркьорлъаби гьарулел ругелали ва гьезда щиб лъалеб бугебали халкквей. Хасго гьеб кӀвар бугеблъун ккола жакъасеб къоялъ.

  1. Лъай кьей ккола талихIалде нух.

Аварагас ﷺ абуна: «ГӀелму тӀалаб гьаби щивав бусурбанчиясда тӀадаб иш буго», - ян (ибн Мажагь).

Лъимал цӀализе тIами, диниябги дунялиябги гIелмуялдехун гьезулъ рокьи бижизаби, бищун кIвар бугел масъалабазул цояб буго. ГӀелму буго лъикӀлъиялде рачунеб нур ва квешлъиялдаса цIунулеб къолден.

 

Хадижат Хизриева

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...