Аслияб гьумералде

Исламияб лъай къваригIунищ?

Исламияб лъай къваригIунищ?

Исламияб лъай къваригIунищ?

ТIоцебесеб иргаялда, щий кколей исламияй чIужугIадан? Гьелъул цогидаздаса ятIа яхъулеб хаслъилъун ккола гьей Аллагьасда божулей, Гьесукьа хIинкъулей, инсанасул къисматалда хурхараб щиб бугониги жоялда гьелъул ракIчIей букIин гьеб кинабго гIицIго ТIадегIанав Аллагьасул къадар букIиналда.

 

Исламалъ бихьизабураб нухдасан уней, гIакълу ва бичIчIи бугей гIадан ракI-ракIалъ божарай йикIуна жий гьаб ракьалда хасаб тIадкъай тIубазе йижун йикIиналда.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас абун буго: «Дица жундулги гIадамалги рижана гIицIго гьез Дие гIибадат гьабизелъун», - абун (сура «Аз-Зарият», аят 56).

БусурбанчIужуялда тIадаб иш ккола гIелму тIалаб гьаби. Щайгурелъул, гьелда бичIчIулеб букIун гьеб лъаялъ гьелъие пайда гуреб гьабизе гьечIеблъи.

Ансаразул руччабаз хирияв Аварагасда ﷺ гьарун букIана: «Дуца нижее тIокI гьабе цо къо, нижеца духъа дарсал росизе. Бихьинал нижедаса цере ккана гьелъулъ», - ян. Хирияв Авараг ﷺ разилъана ва гьезие дарсал кьезе къо чIезабуна. Гьев ﷺ руччабазухъе вачIунаан ва гьезие лъай кьолаан.

Исламияб лъай бугей гIаданалда лъала, жий чIаго йигебгIан мехалъ жиндир хасаб борч букIин Аллагьасда, росасда, эбел-инсуда ва лъималазда цебе, гьединго мадугьаллъиялда, хIалтIицадахъазда, гьалмагълъиялда…

Балугълъиялде яхаралдаса гьелда тIалъула къойил щуябго как бай, рамазан моцIалъ кIал кквей ва цогидалги исламиял арканал. Эбел-инсуда цебеги буго хасаб налъи – адаб-хIурмат гуребги, гьезие хIажатабщинаб чIезаби, рагIи абичIого гьезул тIадкъаял тIуразари (гьез шаригIаталде данде кколареб жо абулеб гьечIебгIанасеб мехалъ). Росасе ун хадуй чIужугIаданалда тIадал ишал жеги цIикIкIуна. Цинги гьарула лъимал, гIун бачIуна цIияб гIел. Эбелалда тIалъула лъималазе исламияб тарбия кьезеги.

Кинха лъазе кколеб чIужугIаданалда гьебгощинаб жо? Дун гIалимчIужу гурин абуни, йорчIиладай? Узухъда, йорчIуларо. Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго гIелму тIалаб гьабизе.

Аварагасул ﷺ гIемерал хIадисал руго гIелмуялда, гьеб тIалаб гьабиялда хурхарал. ГIелму щвей тIадаб букIин бицунел хIадисазда абулеб гьечIо гьеб гIицIго бихьиназда тIадаб бугин абун.

ГIемерисеб мехалъ руччабазда бараб букIуна рокъоб ахIвал-хIалги, лъималазул тарбияги, гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъиги. Гьеб кинабго лъикIлъизабиялъулъ гьелъие кумек гьабула исламияб лъаялъ ва гьеб битIун хIалтIизабиялъ.

Кие кканиги лъай бугей гIадан йикIуна жиндехун гIадамазул ракIал цIалейлъун, гьезие берцинаб рагIудалъун насихIат гьабулейлъун. ЛъикIаб тарбия щварай гIаданалъул тIабигIатги берцинаб букIуна. ЖамгIияталда гьелъул хьвада-чIвадиги букIуна берцинаб, жиндаса мисал босизе бокьулеб. Аслияб гIумрудул мисаллъунги гьелъ тIаса вищун вукIуна МухIаммад авараг ﷺ. Анас-асхIабасдасан бицун буго Авараг ﷺ вукIанин бищун гIамал берцинавлъунилан абун.

Исламияй чIужугIадан йикIуна ритIухъай ва ракIбацIцIадай. Гьелъ гIей гьабуларо гIицIго жиндиего хIажатал жал лъазариялда, гьелъ хIаракат бахъула цогидал руччабазеги насихIат гьабизе, гьел битIараб нухда тIоритIизе. Гьелъул бацIцIадаб нияталда рекъон, Аллагьасги гьелъие кумек гьабула. Гьединай гIаданалъ пайда гьечIеб, чIобогояб хабаралда гIахьаллъи гьабуларо. Гьелда мухIканго лъала заманалъул къимат гьабизе.

Кинха гьелда гьеб кинабго лъалеб?

Нилъ ругеб заманалда руччабазе рес буго цIализе, гIелму тIалаб гьабизе. Руго исламиял институтал, мадрасаби. Гьенире хьвадизе рес гьечIезе хIатта къасимехалъ унел курсалцин руго. Лъаялъул каваби гIатIидго рагьун руго бусурбанчIужуялда цере. Бокьаразда жанисан лъугьине ресги буго, я жиндиего, я хъизамалъе мукъсанлъи ккезеги биччачIого.

ЧIужугIаданалъул гъира бугони лъай тIалаб гьабизе, ресал ТIадегIанав Аллагьас гIатIидго кьун руго.

 

Аслипат Ганаматова

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...