Аслияб гьумералде

Ният бугони, кири букIуна

Ният бугони, кири букIуна

Ният бугони, кири букIуна

Гьале исанаги хирияб рамазан моцIалъ къо-лъикI гьабулеб буго нилъергун. Гьелдаго цадахъ, Аллагьасул амруялдалъун, дандчIвай гьабизе хIадурлъулел руго кIалбиччанкъоялда. Гьеб къо ккола БетIергьанас нилъее рахIматлъун кьураб, гIагарлъи-гьудуллъи хурхинабиялъе, садакъа кьезе гьесизарун, кири гIемерлъиялъе ва мунагьал чуриялъе сабаблъун бугеб нигIмат.

 

Абу Умамадасан бицараб хIадисалда буго: «КIиябго гIидалъул сордо гIибадаталдалъун чIаго гьабурав чиясул ракI хвезе гьечIо, цогидал гIадамазул ракIал холел къоялъ», - ян (ибн Мажагь). Амма гIемерисезда, хасго диналъул яцазда, гьеб хиралъи щвезе рес букIин кIочон толеб батула, багьа гьечIел сагIталгун минуталги гIадада риччан.

Рукъ-бакI бацIцIад гьабиги, тIагIам хIадуриги чара гьечIеб жо буго. Амма гьелдаго цадахъ нилъер рес буго, тIаде балагьун дунявиялин кколел гьел пишаби гIибадаталде сверизаризе.

 

Кинха гьеб гьабилеб?

«ХIакълъунго, щибаб жо нияталда рекъон букIуна», - ян абураб, Бухарияс ГIумар-асхIабасдасан бицараб машгьураб хIадисалда рекъон, битIараб ният гьабуни, нилъеда кIола бокьараб иш ахираталъе пайдаяб гIибадаталде сверизабизе. Масала, байрамалде гьарулел хIадурлъабазул аслияб бутIа, ай мина-карталда рацIцIа-ракъалъи гьабила, «РацIцIалъи – иманалъул бащалъи буго», - ян абураб Муслимица бицараб хIадисалда нахърилълъун. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «ХIакълъунго, Аллагьасе рокьула рацIцIалъи ва тавбу гьабулел чагIи», - ян («Бакъара», 222).

Гьединго квен-тIех хIадурулагоги гьабила ният. ТIоцебесеб иргаялда, квание хIажатабщинаб жо тукадаса босулелъул халгьабе хIарамаб яги шубгьаяб жо гъорлъе ккечIого букIине. Гьабулебги ресалда рекъараб гьабила, рецIун рахъунарел налъаби гьариялдаса рикIкIалъила. РакI разиго, садакъа хIисабалда, гьалбадерие гIатIилъи гьабиялъул нияталда, Аллагьасе гIололъун гьабила. Рихьдае щибго жо гьабиялдаса цIунила, гьазул-дозулалдаса лъикIаб стол къачIазе кколин абураб пикру ботIролъе биччаларо. Квен хIадуризе байбихьаралдаса лъугIизегIан какичуриялда рукIина, силсила цIалила, пайда гъорлъ гьечIеб дунявияб калам гьабиларо, гьелъул гIаксалда, салават, зикру-аятал цIалиялде буссинабила мацI. Гьедин хIадурараб квен кванаравщинав чиясул ургьиб нурлъун букIина ва гIибадаталъе къуваталде сверила.

Цогидал суннатаздасан буго: маркIачIул как ахIаралдаса гIидалъул как базегIан такбир бачин, черх чури, цIияб, гьеб батичIони, бацIцIадаб ретIел ретIи, гIидалъул как бай, гIемер дугIа гьаби. Лъималги рохизарила. КIванагIан цIикIкIун гIибадат гьабизе хIаракат бахъила. РикIкIен гIорхъолъа арал Аллагьасул нигIматазухъ щукру гьабила.

Жеги бищун бигьаял гIибадатазул цояб ккола, гьеб къоялда кIудияб рохелалдалъун дандчIвай гьаби. Гьедин гьабизе суннатабги буго. Роха-хинлъун, гьимун къабул гьарила гьалбал. ХIафиз ибн ХIажар ГIаскъаланияс абуна: «ХIакълъунго, гIидалъул къоялъ рохел загьир гьаби – гIибадат буго», - ян.

КIал къабул гьабизе унелъулги, берцинаб ният гьабила, гIагарлъиялъулгун хурхен щула гьабиялъе, рокьи-гьуинлъи цIикIкIиналъе бугин абун. ГIадат хIисабалда гуреб, дугIа букIинги ракIалде щун абила, «ккураб кIал къабуллъагиян». Гьедин гьабизе малъила лъималаздаги.

Хириял диналъул яцал, гьанир рехсарал, хасго нияталда хурхарал къагIидаби, гIидалъул къоялъ гурелги, гIумруялъго, щибаб къояйил, щибаб жоялъулъ хIалтIизаризе рекъарал руго.

Аллагьас киназего тавфикъ кьеги Гьев разияб хIалалда хьвадизе ва рамазан моцI ахиралде щваниги, гIибадат мукъсанлъичIого, жеги цIикIкIун гьабизе. Амин.

 

Хадижат Хизриева

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...   Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги...


Гъоркье валагье

ТӀадегӀанав Аллагьас дунял бижана къануназда ва къагӀидабазда рекъон. Нилъеда сверухъ бугебщинаб жо низамалда букӀуна: заманал хисула, планетаби хьвадула, гьел системабазул цонигиял жидецаго чӀезарурал гӀорхъабаздаса къватIиреги кколаро.   Амма тӀабигӀаталда къанунал рукӀунел гӀадин,...


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


Нилъехъ балагьун кьола къимат

Нилъер диналда ритIухълъи ккола цIакъ къимат бугел тIабигIатаздасан. Гьеб ккола инсанасе къимат кьолел жалазул бищун кIвар бугездасанги.   Гьеб ритIухълъиялъ жанире рачуна Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ бацIцIалъи гIадал, цинги шаргIиял тIадкъаял тIубай гIадал, Аллагьасдехун бугеб...


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...