Аслияб гьумералде

Къаси тIаде рахъин

Къаси тIаде рахъин

Сардилъ тIаде рахъун гIибадат гьаби бигьаяб иш гуро, хасго нилъгIадал загIипал чагIазе. Бугониги, гьабураб гIамал цIикIкIун хъвалевлъун Аллагьги ﷻ вугелъул, бажарараб гьабизе хIаракат бахъизе ккола. ХIаракат бахъулесе БетIергьанасги ﷻ тавпикъ гьабула.

 

Имам Гъазалияс «ИхIяалда» рехсолел руго сардилъ тIаде рахъиналъе жидедалъун бигьалъи бугел чанго гIамалал. Гьелги загьириялги батIиниялги абун кIиго тайпаялде рикьун руго.

Загьириял: кваналеб жо дагь гьаби. ЦIикIкIун кванаялъ чехь цIезабула, макьу бачIун тIаде рахъин бакIлъизабула. Цо-цо шайихзабаз, кваналеб заманалда, абулаан: «Муридзабазул къокъа, нужеца кваналеб жо гIемер гьабуге, цIикIкIун кванаялъ лъим гIемер гьекъезабула, цинги кьижиги бергьуна, хвалда аскIорги пашманлъула», - ян.

КIиабилеб, къад мехалда бакIаб хIалтIи гьабун, напс сваказабунгутIи. Къад бакIаб хIалтIи гьабун лугбал загIип гьаруни, гьелъги макьу тIаде цIала.

Лъабабилеб, къайлулат гьаби тунгутIи (къалъул какил гIуж щвелалде цебе дагьабго заманалъ кьижи).

Ункъабилеб, къад мехалда мунагьалде кколеб гIамал гьабунгутIи. Мунагьалде кколеб гIамал гьаби буго ракI биццат гьабулеб, рахIматалдаги лагъасдаги гьоркьоб пардав лъугьинабулеб жо.

БатIиниял: бусурбабазде рокьукълъи букIиналдаса ракI бацIад гьаби, бидгIияб гIамал тей, дунялалдехун бугеб хьул къотIинаби. Гьел гIамалал чорхолъ ругел гIадамазул хIакъалъулъ абулеб буго, сардилъ тIаде рахъаниги гьезда кIоларин балеб какилги гьабулеб цогидаб гIамалалъулги Аллагьасе ﷻ гIололъун гьабун, пикру ва хIузур цIунизе.

КIиабилеблъун рехсолеб буго, Къиямасеб къоялъ гIазабалдаса хвасарлъи дагь гьабигун хIинкъи рекIелъ цIунеян. Ахираталъул хIинкъабазулги жужахIалъул гIазабазулги пикру гьабидал, чиясдаса макьу тIурула, квешаб гIамал гьабиялдаса цIуниги букIуна.

Лъабабилеб буго жинда сардилъ вахъиналъулъ бугеб хиралъи лъай. Щайин абуни, пуланаб иш гьабиялдалъун хайиралде хьул букIунеб гIадин, сардилъ вахъун гIамал гьабиялдалъунги жиндие щвезе бугелъул хIукму ва жеги цIикIкIун гьабизе гъираги букIине.

Ахирисеб буго бищунго хирияб, Аллагьасе ﷻ гIололъун бугеб рокьи, сардилъ вахъиналдалъун жив БетIергьанасдехун ﷻ мунажат гьабулев вугин, Гьевги ﷻ жиндихъ валагьун вугин абун иманалъул къуват букIин.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе БетIергьан ﷻ разияб куцалда гIамалгун гIибадат гьабизе!

 

МухIаммад ГIалиев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...