Аслияб гьумералде

Аллагьас ﷻ рехсеялде рачунеб

Аллагьас ﷻ рехсеялде рачунеб

Аллагьас ﷻ рехсеялде рачунеб

 

Дунялалде нилъ Аллагьас риччан руго Гьев рехсезе, Гьесие гIибадат гьабизелъун. Гьедин ТIадегIанас абун буго (магIна): «Дица жиналги инсалги рижичIо Дие гIибадат гьабизе гурони», - ян (сурату «аз-Зарият» 56 аят).

 

Абу Гьурайратица бицун буго жинда рагIанин Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абулеб: «Гьаб дунял буго жиндие нагIана кьураб жо, нагIана кьураб буго, Аллагь ﷻ рехсейгун гьелда сверухъ лъугьараб хутIизегIан, гьелда жаниб бугебщинабги…», - ян (Тирмизи). НагIана кьурабин абуралда гъорлъе уна Аллагьасдаса ﷻ рикIкIад гьарулебщинаб жо. Аллагь ﷻ ракIалде щвезабулеб ва Гьесул разилъиялде рачунеб гIамал гъорлъа бахъун ккола.

Аллагь ﷻ рехсеялъ кутакаб хIал гьабула чиясул черхалъе, напс берцинал гIамалазде куцала, рекIел рухIияб хIал лъикI гьабула, рахIматал рещтIинарула, захIматал яги хIажат гьечIел ишазде ккеяздаса цIунула. Кинаб хIалалда Гьев ﷻ рехсолев вугониги гьелъие щибго батIалъиги гьечIо, бегьула гIодорчIун, регун, эхетун рукIаго, рилълъанхъун унаго, гьабулеб хIалтIи бугониги мацIалъ рехсон ракIалда Аллагь ﷻ цIунун гьабизе.

Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ Къуръан-хIадисазда гIемер бицун буго. Къуръаналда буго (магIна): «Я, иман лъурал гIадамал! Нужеца Аллагь гIемер рехсе, радал-къаси Гьесие тасбихIалги гьаре», - ян (суратул «АхIзаб» 41-42 аят). Аллагь ﷻ рехсей буго кидаго инсанасул мацIгун ракI жинда ругьунлъун, мацIалдаса къотIизе тезе бегьулареб гIамал. ГIемер БетIергьан ﷻ рехсеялде, Гьесул разилъи щолел цоги гIамалазде инсан вачунеб нухги буго хIакъикъияб тарикъат, шаригIаталъул аслулъун ва нухлъун жиб бугеб.

Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасул ﷻ руго хассал малаикзаби (Гьев ﷻ рехсон) зикруялда ругел гIадамал ратизегIан хьвадулеллъун жал рукIунел. Цо къокъаялда гьединал чагIи ратараб мехалъ гьез цогиязде ахIула: «Нужецаго ралагьулел рукIаразухъе рачIа», - ян. Цинги малаикзабаз гьел чагIи жидерго кваркьабаздалъун сверун ккола гъоркьияб зодоре щвезегIан. Хадуб БетIергьанас ﷻ малаикзабазда абула: «Дица нуж нугIзаллъун кколел руго гьел чагIазул мунагьал чуриялъе», - ян. Хадуб цо малаикас абула: «Гьезда гьоркьов вуго, гьездасанги кколарев, жиндир ишаз унев вукIаго гьезда аскIов чIарав (мунагьал гьарулев) цояв», - ин. Гьелъие Аллагьас ﷻ жаваб гьабула: «Гьел руго жидедехун гIодобчIей гьабурав талихIкъаравлъун лъугьунарел чагIи», - йин (Бухари, Муслим, Тирмизи).

Дунялалда балеб заман буго цIакъ дагьаб жо, кигIан боцIи-мал нилъер бугониги гьеб кинабгоги тун уна нилъ ахираталде. Амма цадахъ босулеб ва ахираталда пайдаялъе батулеб гIамал буго чIаго рукIаго гьабураб БетIергьанасул ﷻ разиялъиялде рачунеблъун жиб бугеб пиша. Гьеб гIамал кигIанаб къадаралда жинца гьабулеб бугищали пикру гьабизе ккола щивав чияс зама-заманалдасан.

Аллагь ﷻ рехсеялъ лагъ гIагар гьавула БетIергьанасде, Гьесул разилъи щвеялде. «Нужеца Дун рехсе, Дица нужги рехсела», - ян Къуръаналда абураб кинниги Гьес рехсолеллъунги рукIуна. Аварагасги ﷺ абун буго: «Аллагь ракIалде щвезавун Гьев рехсолеллъун щал чагIи ругониги, гьел малаикзабаз сверун ккола, БетIергьанасул рахIматалъулъги тIерхьуна, ракIазулъе парахалъиги лъугьуна, Жинда аскIор ругезе Аллагьас ﷻ гьезул биценги гьабула», - ян (Муслим).

Гьединал хIадисаз баян гьабула зикру бачин, Аллагь ﷻ рехсей, жалго жидедаго чIун гуреб, къокъаби гьарунги бегьулеблъи.

ГIабдуллагь ибну ГIумарица бицун буго, жинца цIеханин Аллагьасул ﷻ Расуласда ﷺ щиб жазаъ бугебин БетIергьанасул ﷻ цадахъ данделъун Гьев рехсеялъухъин абун. Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Цадахъ данделъун зикру бачиналъухъ жазаъ Алжан буго», - ян.

БетIергьанас ﷻ нилъ гьареги щибаб хIалалъулъ Гьев ﷻ рекIелъ цIунун, зикру бачун мацI бакъваларездаса! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...