Аслияб гьумералде

ШафагIат гьабулел

ШафагIат гьабулел

Как ккола диналъул хIуби. Бусурбанчияс гьеб парзги заманалда тIубазе ккола. Какалъ нилъер рекIее кIудияб асар гьабула ва балагьаздаса цIунула, хасго шартIалги тIуран, пикруги гьабун балеб бугони.

Как балеб мехалда инсан БетIергьанасде ﷻ вуссуна.

Ибну МасгIудица абуна: «Какилъ ругеб мех, БетIергьанасул нуцIида кIутIилъун ккола. БетIергьанасул нуцIида кIутIарасе рес буго гьеб рагьизе», – ян.

ГIабдуллагь ибну ГIаббасица абуна: «Пикру гьабун бараб кIиго ракагIат лъикIаб буго къаси вахъун гIибадат гьабиялдаса», – ян.

ГIаишатица бицана, Аварагги ﷺ жалги цоцада кIалъалаго какил заман щведал, гьесда ниж лъаларел ва нижеда гьев лъаларев гIадин вукIунаанин абун.

Как ккола нилъер цIадираби. Нилъеца гьеб лъикI бани, цIадирабиги мухIканго рукIуна. Амма тIаса-масаго тарав чиясул иш лъикI букIунаро. ЦIадирабазе жалгъаллъи гьабулезе щиб букIунебали ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсана: «Балагь буго цIадираби мухIкан гьабуларезе», – ян.

Узухъда, нилъеда гьоркьор ратула как баларел яги гьеб гьоркьоб биччалел чагIи. Нилъеца цебе кковухъе бараб как нилъеего балагьалъе батизе бегьула. ХIасанул Басрияс абуна: «Дунялалъул иш дуе кутакалда захIмалъидал, дуда лъай, какилъ кIарчанлъи гьабун бугеблъи. РакIалъул хIузур, ай пикру гьабичIеб как гIакъубаялде гIагараб буго», – ян.

МухIаммад ибн Сириница абуна: «Дие кIиго ракагIаталдаги ва алжаналдаги гьоркьоб цояб тIаса бищизе рес кьуни, дица кIиго ракагIат тIаса бищила. Щайин абуни, какилъ ТIадегIанав Аллагьасул разилъи буго, алжаналъулъ гIицIго дир разилъи гурони гьечIо», – ян.

Какие нилъеца хIадурлъи гьабизе ккола берцинго. Нилъеца бертин гьабулаго кутакалда гьелъие хIадурлъи гьабула ва берцинго къачIала батIи-батIиял тIагIамаздалъун. Как гьелдаса кIвар бугеб гьечIищ?

Даниял аварагас баян гьабуна какалъ гIемерал балагьал нилъеда тIаса росулин абун. СагIид бин Къатадица бицана: «Даниял аварагас МухIаммадияб умматалъе сифат гьабуна как балел абун. НухI аварагасул къавмалъ как балеб букIарабани, гьел гъанкъилароан. Гьуд аварагасул къавмалъ как бан букIарабани, гьелги хвасарлъилаан гучаб гьуриялдаса. Самудияб къавмалъги как барабани, пириялдаса гьелги хвасарлъизе рукIана», - ян.

Хадубги Къатадица абуна: «Нужеца какда тIадчIей гьабе, гьеб ккола муъминзабазул лъикIаб хасият ва тIабигIат», – ян.

Паризаяб какил хиралъи бицун КагIбул АхIбарица абуна: «Рузманалда гIахьаллъи цIикIкIун бокьула, суннатаб хIеж гьабиялдаса», – ян.

Вагьбу бин Мунаббагьица абуна: «Къиямасеб къоялъ мажгитал рачIине руго берцинго къачIарал гумул гIадин, жидецаги шафагIат гьабизелъун (как балел чагIазе)», – ян. Цо-цоязул суал баккизе бегьула мажгиталъ кин шафагIат гьабулебилан абун. ХIакъикъаталда гьелъие къудрат ТIадегIанав Аллагьасухъ буго. Гьев сундаго хIал кIолевлъунги вуго.

Фузайл ибн ГIиязица абуна, къаси сардилъ вахъине бажарулеб гьечIони ва къад къоялъ кIалги кквезе кIоларого бугони, дуда лъай, духъа гIемерал мунагьал ккун рукIин. Гьединаб хIал нилъер батани, нилъеца хIаракат бахъизе ккола мунагьал дагьлъизаризе ва кIванагIан рекIелгун хIалтIи гьабизе.

Имам Суфьяну Саврияс абуна: «ТIадегIанав Аллагьас дун щуго моцIалъ махIрум гьавуна къаси вахъун гIибадат гьабиялдаса, гьебги цо ккараб мунагь сабаблъун», - ян. Гьесда гьикъула щиб мунагьин гьебилан абун. Гьес абула: «Цо гIодулев чи вихьидал дица абуна, рихьдае гIодулев вугин», – ян.

Имам Гъазалиясда цояс гьикъула сардилъ вахъун гIибадат гьабизе жинхъа щай бажаруларебилан абун. Имам Гъазалияс абула, мунагьазул гудраз ккун вугин мунилан абун. БичIчIизабула гьел дагь гьареян.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее какалда тIадчIей гьабизе. Амин!

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...