Аслияб гьумералде

КквечIого тараб кIал

КквечIого тараб кIал

ГIузруялдалъун тараб бугониги, гIузру гьечIого тараб бугониги кквечIого тараб кIал бецIизе ккола. ГIузруялдалъун тараб кIал бецIизе ккола, амма мунагь букIунаро.

 

ГIузру гьечIого тараб кIалалъул мунагьги букIуна, гьеб бецIизеги ккола. Исана хутIарал кIалал, гIузру батичIони, тIасияб рамазан бачIиналде рецIун лъугIизаризеги тIадаб буго. Ресги букIун рецIичIого тани, рецIичIого теялъул хIакъги батула ва щибаб сон рикIкIун бецIичIого тараб кIалалъул мудалги тIаде рачIуна. Масала, къого соналъ цебе кквечIеб лъеберго кIал батани, ресги букIаго къого соналъ гьелги рецIичIони, гьесда анлънусго муд тIалъула мискинзабазе кьезе. ГIузруялъе гIоло кIал кквечIони, гьеб гIузруги хвезегIан тIаса инчIони, гьес кIал бецIизе кколаро, мудалги рикьизе кколаро. Ресги букIун кIал кквечIого цо чи хвани, гьесул хутIарал кIалал гIагарав чияс рецIизе ккола яги гьес нахъе тараб боцIудаса щибаб кIал рикIкIун муд бахъизе ккола. Гьесул боцIи нахъе хутIун батичIони, бокьарав чиясе ихтияр буго гьесул мудал рахъизе, налъи бецIизе ихтияр бугебго гIадин.

 

КIал биччай

Аллагь гIемер рехсезе, свалат гIемер битIизе, дугIа гIемер гьабизе лъикIаб буго кIал ккурав чиясе. Гьесул дугIаги къабуллъула. Хасго кIал биччан хадуб гьабила гьаб дугIа: «Аллагьумма лака сумту, ва гIала ризкъика афтIартIу, ва бика аманту, ва лака асламту, ва гIалайка таваккалту, ва рахIматика ражавту, ва илайка анабту, загьаба ззамау вабталлатиль гIурукъу, ва сабаталь ажру иншаАллагь».

МагIна: «Я дир Аллагь. Дица Дуе гIоло кIал ккуна, Дур ризкъиялдалъун дица кIалги биччана, Дуда дица иманги лъуна, дун Дуеги мутIигIлъана, Дуде дица таваккалги тIамуна, Дур рахIматалде дир хьулги лъуна, Дудехун дунги вуссана, къечги тIаса ана, бидурихьалги риччана, Аллагьасе бокьун батани кириги щвана. Я цIоб гIатIидав Аллагь, Дуца дир мунагьал чуре. Щибаб рецц Аллагьасе жинца дие кIал кквезе кумек гьабурав, кIал биччазе ризкъиги кьурав. Я дир Аллагь, Дуца дие тавфикъ кье кIал кквезе, сардилъ тIаде вахъинеги Дуца дие гьунар кье, алжаналдеги Дуца ниж лъугьинаре саламалдалъун».

Сахлъизе хьул гьечIеб унтиялъ яги херлъиялъ кIал кквезе бажарулеб гьечIони, гьес щибаб кIал рикIкIун цо-цо муд бахъула.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...