Аслияб гьумералде

ТаравихIазул хиралъи

ТаравихIазул хиралъи

ТаравихI ккола жамагIат гьабун базе лъикIаб, суннатаб как. Гьеб бала рамазан моцIалъ, боголил какил гIуждаса хадуб.

 

ТаравихI базе бихьиназе суннатаб буго мажгиталъуб. Гьедин рес кколеб гьечIони, рокъоб жинцагоги базе бегьула.

ТIадаб буго кIи-кIи ракагIатккун базе. Ункъо ракагIат цо салам кьун бани, таравихI рикIкIунаро. Гьелъие ният гьабула «таравихIалъул как базе яги рамазан моцIалъул как тIобитIизе», -  абун. ТаравихIалдаса хадуб бала лъабго ракагIат витруялъул. ТIоцебе бала кIиго ракагIат, хадуб цо ракагIатги.

ТаравихIалъул хиралъиялъул бицани, гьелъул рехсон хIалкIоларо. Кин батаниги цо-цоял рехсела.

Рамазаналъул тIоцебесеб сордоялъ таравихI барав чи мунагьаздаса вацIцIалъула эбелалъ гьавурав гIадин.

КIиабилеб сордоялъ барав чиясул мунагьал чурула ва гьединго гьесул эбел-инсулги чурула, гьел бусурбаби ратани.

Лъабабилеб сордоялъ таравихI тIобитIарасе ГIаршалда гъоркьан малаикас ахIула: «Дуца дурго гIамалал цIигьаре. Аллагьас дур цере рукIарал мунагьал чурана», - ян.

Ункъабилеб сордоялъ таравихI барасе буго Таврат, Инжил, Забур ва Къуръан цIалараб гIадинаб кири. 

Щуабилеб сордоялъ тIоби-тIарасе буго Масжидул-ХIарамалда, Масжидул-Ннавабиялда ва Масжидул-Акъсаялда как бараб гIадинаб кири.

Анлъабилеб сордоялъ тIобитIарасе буго «Байтул МагIмураялда» тIаваф гьабураб гIадинаб кири. Гьеб ккола нуралъул рукъ, ай зодоб КагIбаялда тIад бугеб, жинда тIад кидаго малаикзабаз тIаваф гьабулеб. Щибаб гамачIалъ, хIатта гьениб бугеб хIуралъцин гьесул мунагьал чуреян гьарула.

Анкьабилеб сордоялъ таравихI тIобитIарасе Муса аварагасе кумек гьабураб гIадинаб кири буго, жив фиргIавнида ва Гьаманида данде вахъарав мехалъ.

Микьабилеб сордоялъ тIобитIарасе Аллагьас кьола Ибрагьим аварагасе кьун букIарабщинаб.

ИчIабилеб сордоялъ таравихI тIобитIарасе кьола Аллагьасул аварагасул гIадинаб гIибадат. 

АнцIабилеб сордоялъ тIоби-тIарасе Аллагьас кьола дунялалъул ва ахираталъул нигIматал.

АнцIила цоабилеб сордо тIобитIарас дунял тола мунагьалги гьечIого. 

АнцIила кIиабилеб сордоялъ тIобитIарав къиямасеб къоялъ вахъуна гьурмада нургун ва моцIрол канлъигун.

АнцIила лъабабилеб сордо тIобитIарав цIунизе вуго къиямасеб къоялъ дандчIвазе ругел киналниги балагьаздаса.

АнцIила ункъабилеб сордоялъ как барасе малаикзабаз нугIлъи гьабизе буго гьав чияс таравихIал ралел рукIанин. Хвасарлъизеги вуго хIисаб-суалалдаса.

АнцIила щуабилеб сордоялъ тIобитIарасе малаикзабаз салат-салам лъезе буго. Хасго ГIаршалъул ва Курсалъул малаикзабаз.

АнцIила анлъабилеб сордо тIобитIарав Аллагьас цIунизе вуго жужахIалдаса ва кьезе буго алжан.

АнцIила анкьабилеб сордоялъ таравихI тIобитIарасе Аллагьас кири кьезе буго аварагзабазул гIадинаб.

АнцIила микьабилеб сордоялъ таравихI тIобитIарасда Аллагьас абулила: «Я, дир лагъ! Дун дудаса ва дур эбел-инсудаса рази вуго», - ян.

АнцIила ичIабилеб сордо тIобитIарасул Аллагьас даража бахинабулила Фирдавс алжаналде.

Къоабилеб сордоялъ тIобитIарасе Аллагьас кьолила шагьидасе ва вализабазе кьолебго гIадинаб кири.

Къоло цоабилеб сордо тIобитIарасе Аллагьас алжаналда нуралъул рукъ балила.

Къоло кIиабилеб сордо тIобитIарав къиямасеб къоялъул пашманлъиялдаса ва ургъалидаса цIунаравлъун вукIуна.

Къоло лъабабилеб сордо тIобитIарасе Аллагьас шагьар балила алжаналъуб. Къоло ункъабилеб сордо тIобитIарасул 24 дугIа къабул гьабизе рес бугила.

Къоло щуабилеб сордо тIобитIарав хабал гIазабалдаса тархъан гьавизе вугила.

Къоло анлъабилеб сордо тIобитIарав Аллагьас кIодо гьавулила 40 соналъул гIибадаталъул кириги кьун.

Къоло анкьабилеб сордо тIобитIарас сиратIалъул кьо бахунила пирхараб пириялъ гIадин. 

Къоло микьабилеб сордо таравихIалдалъун тIобитIарав, Аллагьас алажаналда вахинавулила 1000 макъамалъ тIаде.

Къоло ичIабилеб сордо тIобитIарасе Аллагьас кьолила къабулаб 1000 хIежалъул гIадинаб кири.

Лъеберабилеб сордо тIобитIарасда Аллагьас абулила: «Я, дир лагъ! Бокьараб пихъ кванай, Сал-Сабил абураб лъелъ чвердей ва алжаналъул Кавсаралдасан гьекъей. Дун дур БетIергьан вуго ва мун дир лагъ вуго», - ян.

 

 

ГIабас МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...