Аслияб гьумералде

Рамазаналда кин дандчIвалел?

Рамазаналда кин дандчIвалел?

 

ТIоцебесеб иргаялда, ният бацIцIад гьабила. ХIадисалда буго: «Киналниги гIамалал нияталда рарал руго», - ян.

Рамазан моцI бачIиналдеги гьаризе ккола кIварабгIан гIемер лъикIал гIамалал: кIал ккун, садакъа кьун, хIажатав чиясе кумек гьабун, Къуръан цIалун, какал ран. Гьедин гьабуни, рамазан моцIги гьединго тIобитIизе бажарула. Къуръаналда буго: «Гьединал гьел гIадамал руго, жидеца напакъа кьолел Аллагьасул тIагIаталда, бечедго ва мискинго рукIаго. Ццим бецIиялдаса нахъекъан чIолел, гIадамазда тIасаги лъугьунел. Аллагьасе рокьула лъикIлъаби гьарулел гIадамал». (Сура «Ал-ГIимран», аят 134).

 

Рамазаналъ гьаризе лъикIал гIамалал

Рамазан моцIалъул кIалалда хурхарал суннатал жал руго. Гьаруни - кириги цIикIкIун щола. КIал ккурав чиясе лъикIаб буго радакь вахъине. Гьебги радал гIужалдехун гIагар гьабизе суннатаб буго, рогьел баккиялда щаклъи ккечIебгIан заманалъ. Щаклъи батани, тезе рекъараб буго. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Дир уммат лъикI букIуна, жидеца кIал хехго биччалеб бугебгIан заманалъ ва радакь вахъин нахъбахъулеб мехалъ». Цогидаб хIадисалда буго: «Нужеца сухIур гьабе, гьелда жаниб баракат буго», - ян. СухIур гьабизеги лъикIаб буго чамасдакIалдалъун. Гьеб хIасуллъула дагь кванаялдалъун ва лъим гьекъеялдалъун. ХIадисалда буго: «Нужеца сухIур гьабе лъел къатIраялдалъунцин», - абун (Ибн ХIиббан). Гьелъул гIуж байбихьула къаси сордо бащалъидал. Сордо бащалъизегIан кванараб жо сухIурлъун рикIкIунаро. СухIур гьабулаго беццараб буго лъикIаб махI гьабизеги.

Гьединго суннатаб буго кIал хехго биччазе, ай какда цебе кIал биччала ва цинги как бала. Тирмизияс бицараб хIадису къудсиялда буго: «Дие дир лагъзадерил бищун рокьулел руго, кIал хехго биччалел». Нилъер аварагасул ﷺ гIадат букIана как базегIан кIал биччалеб чамасдакIалдалъун, гьеб гьечIони - бакъвараб чамасдакIалдалъун, гьебги гьечIони - лъедалъун. КIал биччазе суннатаб буго лъабго чамасдакIалдалъун. ХIадисалда буго: «Нужеца кIал чамасдакIалдалъун биччай», - ян. КIал биччазе бищун хирияб буго гIатIгояб чамасдакI, хадуб барщичIеб чамасдакI, цинги бакъвараб чамасдакI, хадуб - лъим, гьелда хадуб - гьуинлъи. Имам Шаркъавияс бицана замзам лъим батани, цогидаб лъедаса цебе гьабулин.

Суннатаб буго черх чуризе тIалъарав чиясе рогьел баккизегIан цебе чвердезе. КIал биххизабулеб бакIазде лъим инчIого букIине. Гьединго суннатаб буго кIал биччалаго жиндилъ шубгьа бугеб квандаса рикIкIалъизе.

Салафу-салихIуназ абуна: «КIал ккураб мехалъ, мун балагье сундалъун биччалеб бугебали ва лъида аскIоб биччалеб бугебалиги», - ян.

ХIалалаб шагьваталдасаги цIунизе суннатаб буго. Гьединго хIажат гьечIеб жо бицинчIого теялдасаги. Дунялалдаги ахираталдаги пайда гьечIеб, мисалалъе, гIадамазул ахIвал-хIал рехсезе. Гьереси ва гъибат гьабиялдаса цIунизе.

ХIадисалда буго: «Щуго жо буго кIалалъул кири хвезе гьабулеб: гъибат, мацI гьаби, гьереси бицин, хIарамаб жоялде балагьи, гьересияб гьеди», - ян. Нилъер мазгьабалда рекъон, гьеб хIадисалъул магIна буго кири холин абураб. Гьединго хIадисалда буго: «Чан кIал ккурав чи вугев жидее цохIо къечги ва захIмалъиги щварав», - абун (ибну Мажагь).

Гъибат-бугьтаналдаса чияс тавбу гьабуни, гьев чиясул кIалалъул кири нахъбуссун бачIунаро, гIицIго доб мунагь тIаса ани гурони («Бушрал-карим», Курдийи).

КIал ккурав чиясе суннатаб буго берцинаб махI гьабичIого тезе, хIатта рузман къоялъцин. Гьеб буго напсалъе бокьи, шагьват бугеб хIисабалдаса цIунун чIей. Къайлубияс абун буго къаси гьабуни ва радал махIги батани, къварилъи гьечIилан.

Гьединго рамазан моцIалъ суннатаб буго игIтикафалда чIезе, хасго ахирисеб анцIго къоялъ. Гьел сордо-къоязулъ бугелъул Лайлатул къадру.

Ибн ГIаббасидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагасда бицанила цо чи вукIун вугин бану исраилазда гьоркьов 1000 соналъ хвалченги баччун, Аллагьасул ﷻ нухда вагъулев вукIарав. Гьеб жоялда аварагас ﷺ гIажаиблъи гьабула ва гьелде хьул лъола жиндир умматалда гьеб букIине. Хадуб аварагас ﷺ абула: «Я, БетIергьан! Дуца дир уммат гьабуна гIумру къокъал ва гIамалал дагьал», - ян. Цинги Аллагьас ﷻ гьесие кьола Лайлатул къадр, азарго моцIалдаса жиб лъикIаб» (Байгьакъи).

Жеги суннатаб буго гIемераб садакъа гьаби, хасго ахираб анцIго къоялъ. Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Ахирисеб анцIго къоялъ цIакъго квер биччарав вукIанин», - абун.

ГIагарлъиялъулгун ва мадугьаллъиялъулгун хурхен гьабизе суннатаб буго. Кири бугеб жоялдасан ккола кIал ккурал чагIазе гьеб биччазе квен кьейги. Кваназаризе бажаричIони, лъедалъун яги чамасдакIалдалъун ва цогидаб жоялдалъун.

Суннатаб буго рамазан моцIалъ гIемер Къуръан цIализе. ХIадисалда буго: «ЖабрагIил вукIана аварагасда гIемер талкъин гьабулев рамазан моцIалъ», - ян (Бухари).

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги!

 

ХIажи ГIалиев

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...