Жиндаго тIад хIалтIи
Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?
Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса цIунарал чагIи гьечIеблъи. Нилъ бусурбаби руго, амма гIунгутIабиги рукIинарищха. Гьел ритIизаризе хIаракатги бахъизе ккола. Нилъеда жанир ругел гIунгутIабаз нилъ тIадегIанлъизе толаро. Амма хIаракат бахъизе ккола гьездаса рорчIизе. Щивав чияс жиндаго тIад хIалтIизе гьабизе ккола. Гьабулеб гьечIони, жаниса турулев вукIуна.
Нилъедаго гурони лъаларелги рукIуна гIунгутIаби. Масала, цо гIунгутIи тIатани, хIаракат бахъила гьелдаса ворчIизе. Дуцаго дурго тIалаб гьабичIони, лъица гьабизе бугеб? Бусурбанчиясул мурадго щиб, гьайгьай, Аллагьасул ﷻ разилъи щвей. Гьеб щвезе ккани, инсанас жиндирго тIабигIат къачIазе ва гIибадат гьабизе ккола щвалде щун. Нилъго къачIазе кумекин абуни гьабула тасаввуфалъ. ХIакъикъаталдаги гьелъ гурони инсанасда бихьизабулебги гьечIо жиндирго гIунгутIаби.
ТIабигIат берцинлъи лагъасул манакъибазул бищун хириябги буго. Гьелдалъун загьирлъула камилал чагIазул хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго Авараг ﷺ гIемерал тIокIлъабаздалъун хас гьавуна.
ЛъикIал тIабигIатал бигьаго щоларо. Гьединлъидал живго куцай киданиги чIезе тезеги бегьуларо. Хириял моцIаз живго куцай, гIибадат берцин гьаби бигьалъула. Нилъеца къасд гьабуни лъикIаб нияталде ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ кумек гьабулелъул.
Дида цояс бицана цо-цояз абулин тIубараб моцIалъ кIал кин кквезе кIолебин абун. Инсанас къасд ва ният гьабидал кIал кквезелъун, гьеб бигьалъула ва лъазего лъачIого къоялги ун ратула. ХIалбихьизе хIинкъун руго, тавакал гьечIого буго. Дица ният гьабидал кIал кквезе, дида гьедин батанаха, ай бигьалъана. Аллагьас ﷻ кумек гьабулеб буго. Масала, хириял моцIаз цо-цо къоялъ кIал ккуни, суннатал кIалал кквезе ругьунлъула, гIадатлъунги билълъуна. Мисалалъе, гIеч туризе тани, тIубанго турула, гьединго буго чиясул тIабигIатги.
Кидаго напсалъулгун рагъ бай ккола тIабигIат тIадегIанлъиялъе кьучI. ТIабигIат берцинлъула нилъеца лъикIал чагIазулгун гьоркьоблъи-гьалмагълъи гьабуни. Гьелъие гIолойин гIалимзабаз абулеб: цогидазулгун гьалмагълъи-гьоркьоблъи гьабиялдалъун чиясул тIабигIатал хисула. Берцинаб тIабигIат къабихIаблъунги лъугьуна, жиндехун гьудуллъи ва жува-гъувай гьабулев чиясул хIалалда рекъон.
Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.