Аслияб гьумералде

ГIумруялда жаниб бугеб фарз

ГIумруялда жаниб бугеб фарз

ГIумруялда жаниб бугеб фарз

Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хира гьавуна Жиндаго аскIоб, аварагасул ﷺ цIар рехсон, ай шагьадаталда жаниб. Цо-цо гIалимзабаз абуна гIумруялда жаниб цо нухалъ аварагасде ﷺ салават битIизе инсанасда тIадаб бугиланцин. Бокьараб гIамал нилъеца босани гьелъие хIажат гьечIого ихлас къварагIуна, ай ракI бацIцIадго цIализе ккола. Нилъеца Аварагасде ﷺ салат цIалани рихьдаецин ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьеб къабул гьабула.

 

АхIмад Савияс «Адабу Муфрад» абураб тIехьалда хъван буго имам Бухарияс жиндирго тIахьазда рехсанин абунги: «Гьаб салават цIаларав чиясе Дица (аварагас) нугIлъи гьабула къиямасеб къоялъ шагьадат битIанин абун ва шафагIатги гьабула», - ян.

Гьале гьеб салават. Амма битIун цIализе гIараб мацIалъ лъаларев чи ине ккола мугIалимасухъе, гьаб хъваралда гIей гьабичIого. «Аллагьумма салли гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад. Кама саллайта гIала Ибрагьима ва гIала али Ибрагьим. Ва барик гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад, кама баракта гIала Ибрагьима ва гIала али Ибрагьим, фил гIаламина иннака хамидун-мажид»

МагIна: «Я дир Аллагь ﷻ, салават лъе МухIаммадида ва МухIаммадил агьлуялда. Дуца салават лъурабгIадин Ибрагьимида ва Ибрагьимил агьлуялдаги. Баракат лъей МухIаммадида ва МухIаммадил агьлуялда. Дуца баракат лъурабгIадин Ибрагьимида ва Ибарагьимил агьлуялда, кIиябго рокъоб. Мун (БетIергьан) мустахIикъав вуго реццалъе ва сахаватавги вуго».

Цо-цо гIалимзабаз рехсана: «Азарго нухалъ гьаб салават цIаларав чиясда макьилъ авараг ﷺ вихьичIого хутIаларин», - абун.

Имам КъустIуланияс «Мавагьибу Ладуния» абураб тIехьалда абуна: «ГIалимзабаз далил бачана гьаб салават бищун хирияб букIиналъе ва аварагас ﷺ асхIабзазда жинцаго малъун букIиналъ. Щайин абуни, аварагас ﷺ жиндиего тIаса бищуларо бищун хирияб жо гурони», - ян.

Гьеб рагIарав чиясе сунатаб буго салават цIализе. ТIаса-масан тезе бегьуларо. Ратизе бегьула гьелъул кIвар гьабуларел чагIи. Аварагас ﷺ абуна жиндир цIар рагIун хадуб салават битIичIев чияс къарумлъи бихьизабуна. Салават цIалиялда жаниб инсанасе цIакъ гIемерал пайдаби руго. Гьелъ хатIаби рацIуна ва даража борхизабула. Абула шайих гьечIеб бакIалда ккани, салаваталъ гIей гьабулин абун (шайихасул бакIалда).

ГIумар ибну ХатIтIабица абуна: «Дихъе хабар щвана дугIа зобалаздаги ракьалдаги гьоркьоб чIолилан Аварагасде ﷺ салават битIизегIан», – ян.

Абу Гьурайратица абуна: «Щибаб иш жиб Аллагьасул цIаралдалъун байбихьичIеб ва Аварагасде ﷺ салаватги цIаличIеб баракаталдаса махIрумаблъун букIуна», - ян.

Гьесие анцIго даража борхизабула ва анцIго лъикIлъи хъвала ва анцIго квешлъи бацIуна. Ургъел ккарасе гьеб салаваталъ гIей гьабула. ХвезагIан цебе салават цIалулесда лъазабула ай рохел бицуна алжан бугин. Салават гьединго сабаблъун ккола Къиямасеб къоялъул ургъел нахъе босиялъе гIилалъун. Салаваталъул жеги гIемерал хиралъаби руго гIорхъи чIваларел. Гьабго щинаб пайда лъарасе салават цIаличIого тезелъун кинаб гIила букIине кколеб? Пикру гьабеха.

Свалат гIемер битIулев чиясул мунагьалги чурула ургъелалги тIаса уна. Лагъас свалат битIулебгIан заманалда, малаикзабаз гьесдеги битIула.

Свалат гIемер битIулев чиясе нугIлъиги шапагIатги гьабулевлъун живго хирияв авараг ﷺ вукIуна, гьев чиясул свалат малаикзабаз меседил къалмица гIарцул хъорщодаги хъвала. Гьединав чиясе жужахIалдасаги мунапикълъиялдасаги хвасарлъиги хъвала, гьев къиямасеб къоялъ шагьидзабигун вукIуна, гьесул хьибилги аварагасул ﷺ хьибилалда цун букIуна, гьесул лъикIал гIамалалги цIикIкIуна.

Щибаб къойил нусго свалат битIарав чиясул Аллагьас нусго хIажатги тIубала: лъеберго – дунялалъул, лъабкъоялда анцIго – ахираталъул. Свалаталъ мажлисал берцин гьарула, къиямасеб къоялъ СиратIалда гьеб нурлъун чIола, свалат гIемер битIулев чи бищун Аллагьасе вокьула ва Гьесде гIагарлъула.

Свалат гIемер битIани, лагъасул черхадалги, боцIудаги, гIумруялдаги баракат лъола. Гьесде аварагасул ﷺ рокьи цIикIкIуна, гьесие авараг ﷺ вокьиги цIикIкIуна, тушбабаздасаги гьев бергьуна, гIадамазеги вокьула.

Свалаталъ лагъ гъибат-бугьтаналдаса цIунула, гьесда лъикIал рахъал дандчIваялъе сабаблъунги чIола.

Аварагасул ﷺ цIар хъвараб бакIалда къокъ гьарун хIарпал хъван течIого, тIубараб свалат хъвазе ккола. Хириясде ﷺ свалат битIулаго, гьесул агьлу - асхIабзабиги гIахьал гьаризе хирияб буго.

АхIмад ибну Абу ХIаварияс абуна Абу Сулейман Даранияс бицунеб рагIанин: «ТIадегIанав Аллагьасда хIажат гьаризе бокьараб мехалъ Аварагасде ﷺ салават цIале. ХIажат гьарун хадубги салаваталдалъун лъугIизабе. ХIакълъунго салават къабул гьабула ва Аллагьасги нахъчIваларо кIиябго салаваталда гьоркьоб гьарараб жо».

Жеги абула салават дугIаялъе алхIам какие гIадинаб жо кколин. АлхIам гьечIони как рикIкIунаро гьединго салават цIаличIеб дугIаги къабуллъиялда дагьаб хьул буго.

Аварагасул ﷺ цIар щибаб какда, мажлисазда, как ахIиялда ва гьел гуреб цогидал бакIазда гIемер абула. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Нижеца дур цIар борхизабуна», - ян.

Гьелъие тафсир гьабун Ибну ХIажар Гьайтамияс абуна: «Аллагьас ﷻ гьев рехсана щибаб Жиндир цIаралда аскIоб».

Факъигь Самаркъандияс абуна: «Салаваталъул хиралъиялъе шафагIат гуреб жо букIинчIебани гIакъил чиясе гъафуллъизе бегьилароан. Кин гъафуллъилев, салават цIалиялдалъун чиясе мунагьал чури ва Аллагьасдасан ﷻ салават битIи щолеб мехалъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...