Аслияб гьумералде

Паризаялда къокълъун чIоге

Паризаялда къокълъун чIоге

Ражаб моцIалъ кIал кквеялъул хиралъи

Ражаб моцIалъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисазул

 киналго рехсон бажариларо,

рехсела дагьалго.

 

Хирияб  хIадисалда  аварагас ﷺ абун буго: «Адамил лъимералъ гьабулеб кинабниги гIамал гьесие буго кIал кквей хутIизегIан, гьеб буго Дие кколеб жо, Дицаго гьелъухъ жазаги гьабизе буго», - ян (Муслим, Бухари). Жеги абуна: «Аллагьасул ﷻ нухда цо къоялъ кIал ккурав чи Аллагьас ﷻ 70 соналъул манзилалъ жужахIалдаса рикIкIад гьавула», - ян.

Аварагас ﷺ абун буго: «Ле, гIадамал, нужеца гIин тIаме. ХIакълъунго, ражаб Аллагьасул ﷻ моцI буго. ШагIбан дир моцI буго. Рамазанги дир умматалъул моцI буго.

Жинца иманги лъун, Аллагь ﷻ разилъиги тIалаб гьабун ражаб моцIалъул цо кIал ккурасе Аллагь ﷻ разилъиги щола Фирдавс абулеб Алжаналдеги лъугьуна. КIиго кIал ккурасе кIиго нухалъ цIикIкIун кири щола. Лъабго кIал ккурасе Аллагьас ﷻ гьесдаги жужахIалдаги гьоркьоб хандакъ гьабула жиндир гIеблъи азарго соналъул манзил бугеб. Ункъо кIал ккурав чи цIунула жунун, жузам, барас абулел унтабаздаса, Дажжалил питнаялдаса. Щуго кIал ккурав чи хабал гIазабалдаса цIунула. Анлъго кIал ккурав чи хабалъа къватIиве махIшаралде вахъуна бащалъараб сордоялъ цIураб моцIалдасаги жиндир гьумер гвангъун. Анкьго кIал ккурасе жужахIалъул анкьабго нуцIа къала. Микьго кIал ккурасе Алжаналъул микьабго каву рагьула. ИчIго кIал ккурав чи хабалъа къватIиве вахъуна «Ла илагьа иллаллагьиланги» ахIулаго ва Алжаналде жаниве лъугьине гьесие щибго квалквалги гьабуларо.

АнцIго кIал ккурасе Аллагьас ﷻ сиратIалъул кьода щибаб милалда рахIатаб вегизе бакI хIадурула. 11 кIал ккурасдасан Къиямасеб къоялъ хирияв чи вукIине гьечIо, гьебго къадаралъ яги гьелдасан цIикIкIун ккурав гурого. 12 кIал ккурав чиясда Аллагьас ﷻ кIиго берцинаб ретIел ретIула. Цо ретIел тIолго дунялалдасаго лъикIаб. 13 кIал ккурасе ГIаршалда гъоркь тIад квен лъураб тIутI лъола ва гьев кванала цогидал гIадамал захIмалъи-къварилъиялда ругеб мехалда. 14 къоялъ кIал ккурасе Аллагьас ﷻ кьола бералдаги рихьичIел, гIиналдаги рагIичIел, гIадамасул ракIалдеги ккечIел нигIматал.

15 къоялъ кIал ккурав чи Аллагьас ﷻ чIезавула Къиямасеб къоялъ гIазаб-гIакъубаялдаса божи бугеб бакIалда. 16 къоялъ кIал ккурав Аллагьасухъе ﷻ зиярат гьабулезулги, Гьесде балагьулезулги, Гьевгун кIалъалезулги тIоцевесевлъун вукIина. 17 къоялъ кIал ккурасе сиратIалъул кьоялда тIад рахIат гьабизе бакI хIадурула. 18 къоялъ кIал ккурав чи Ибрагьим авараггун цадахъ гьесул хъалаялъув вукIуна. 19 къоялъ кIал ккурасе Аллагьас ﷻ Адам ва Ибрагьим аварагзабазул хъулбузда дандбитIухъ хъала бала. 20 къоялъ кIал ккурасде зодосан ахIула: «Ле, Аллагьасул ﷻ лагъ, дур цере гьарун арал киналго мунагьал чурана, гьанже хутIараб гIумруялъ дуего бацIцIадаб гIамал гьабизе байбихье», - ян.

Зуннун Аль-мисрияс абуна: «Ражаб буго рекьарулеб моцI. ШагIбан - лъалъалеб моцI. Рамазан - бачIин бакIарулеб моцI. Щивас бакIарула жинцаго бекьараб ва рекьарулеб заман гIадада хвезабурав чи бакIарулеб заман щведал пашманлъула».

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Гъазалияс хъвалеб буго: «Дуца гIицIго паризаял кIалалги ккун, мун гьелда къокълъун чIоге, мун гьелда къокълъани, ахираталда суннатал кIалал ккуразе щолеб хайир бихьараб мехалъ мунго пашманлъизе вуго», - ян.

Аварагасда ﷺ гьикъана ражаб моцIалъ кIал кквезе кIоларев чияс щиб гьабилебин. Гьес абуна: «Щибаб къоялъ цо панкъ садакъаде кьела», - ян. Гьебги кIолеб гьечIони щиб гьабилебин гьикъидал, гьес абуна: «Гьев чияс щибаб къоялъ абила «СубхIана ман ла янбагъи тасбихIу илла лагьу, СубхIанал агIаззил акрам, СубхIана ман лагьул гIиззу ва гьува лагьу агьлун», - абун.

 

Ибрагьим Ибрагьимов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...