Аслияб гьумералде

40 соналдасан щвана жаваб

40 соналдасан щвана жаваб

Цо нухалда Муса аварагас Аллагьасда гьикъула, щиб заманалда Дуда гьарани, жаваб щолебилан.

 

Аллагьас ﷻ абула: «Мун Дир лагъ ва Дунги дур БетIергьан вуго. Кида дугIа гьабуниги, жаваб кьола», - ян. Муса аварагас цIидасанги добго суал чанго нухалъ такрар гьабула. Хадуб Аллагьас ﷻ абула: «БецIаб сардилъ гьабураб дугIаялъе Дица жаваб кьола», - ян.

Муса аварагас дугIа гьабула пиргIавнги гьесул къавмги гьалаг гьабеян абун, аминилан Гьаруницаги абун. Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Мусахъе вахIю рещтIуна: «Дица нужер кIиязулго дугIаялъе жаваб гьабуна, кIиялго нуж диналда кьуричIого чIа», - ян. (Сура «Юнус», аят 89).

Гьаб аяталъе ГIабдуллагь ибну ГIаббасица тафсир гьабуна, гьезул дугIаялдаги жавабалдаги гьоркьоб 40 сон букIанин абун.

Гьединго асхIабазабаз абуна, дугIа кколин зобалазул кIул, гьелъул цаби - хIалалаб квен, ахирисеб шартIги буго ихласалда рекIелъ хIузур букIун гьаби.

ДугIа гьабулесе рекъола хIарамаб жоялдаса жанисеб рахъ (кванирукъ) бацIцIадаблъун вукIине. ХIарамаб жоялъ дугIаялъе жаваб нахъчIвала.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...