Аслияб гьумералде

Къурбан хъвей

Къурбан хъвей

Бищун тIагIат-гIибадаталъул рахъалъ камилав, бищун Аллагь ﷻ разилъулев, бищун кири цIикIкIун щолев бусурбанчи ккола, кинаб амру, щиб жо ТIадегIанав Аллагьасулги Гьесул Аварагасулги ﷺ рахъалдасан бачIун батаниги, калам тун гьеб тIубазабулев чи.

 

Къурбан хъвей МухIамма-дияб умматалъеги бихьизабураб бугелъул, гьелда жаниб буго нилъееги хIалбихьи. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Аллагьасухъе нужеца къурбаналъе яги гьадюялъе хъурал хIайваназул гьанги биги щоларо. Кинниги Гьесухъе нужедасан такъва щола», - ян (суратул «ХIаж», 22 аят).

Къурбан хъвей исламияб шаригIаталда бачIиналда жанирги руго гIемерал магIнабиги, хIикматалги, пайдабиги. Гьале гьезул цо-цоял.

  1. ТIадегIанав Аллагьас нилъее боцIудалъун кьурал чIахIи-чIахIиял нигIматазе ва, гьединго, лъагIалидаса тIасияб лъагIел бачIиналде нилъго чIаго теялъеги Аллагьасе ﷻ щукру гьаби.
  2. Мунагь-хатIалъаби чури, нилъер гIибадаталда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIин.
  3. Мискин-пакъирзабазе кумек гьаби, рукъалъул агьлуялъе гIатIилъи гьаби, бусурбабазда гьоркьоб вацлъи щулалъизаби, дугIа-алхIам цоцазе гьаби.
  4. РекIелъ къарумлъи-бахиллъиялъул унти бугев чиясе гьелдаса дару гьаби, гьеб квешаб унтиялдаса гьесул нафс бацIцIад гьаби.
  5. Ибрагьим аварагасги гьесул вас ИсмагIил аварагасги гьабураб кIудияб, ракIал хIайранлъулеб, гIажаибаб иш ракIалде щвезаби.

 

Къурбан хъвеялъул хиралъи

Аллагьасул ﷻ Расуласул ﷺ гIемерал хIадисал рачIана къурбан хъвеялъул хиралъиялъул бицарал. «Къурбан къоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей буго (къурбан хъвей). ХIакълъунго, гьеб (къурбаналъе хъураб жо) Къиямасеб къоялъ бачIине буго жиндирго лълъурдулгун, расалгун, щанкIлалгун, гьелъул би (къурбаналъул) ракьалде тIинкIилалде Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб бакIалде бахуна, гьединлъидал нуж гьелдаса (къурбаналдаса) рохун рукIа», - ян (Абу-Давуд, Тирмизи). Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагь разилъиялъул мурадалда, ракI разиго, кири щвезе букIиналда ракIги чIун къурбан хъурав чиясе гьеб жужахIалда цебе пардавлъун чIола», - ян (ХIасан ибну ГIали).

Гьеб къоялъ гIарац хвезабулел жалазул Аллагьасе ﷻ бищун бокьулеб къурбаналъе хъвезе жо боси бугоян буго Байгьакъияс бицараб цоги хIадисалда. Хъолел хIайваназул бищун хириябги жиндир багьа цIикIкIараб, кьарияб кколаян буго АхIмадица бицараб хIадисалда.

Къурбаналъе хIайван хъолелъул аварагас ﷺ яс ФатIиматида абун букIана дудаса къурбан хъолаго мун гьелда аскIой яхъун чIаян. Гьелъул тIоцебесеб бидул тIири ракьалде тIинкIараб мехалъ, чияс гьарурал мунагьал чурула. Къиямасеб къоялъ къурбаналъе хъураб хIайван, лъабкъоялда анцIго нухалъ цIикIкIинеги гьабун, жиндир гьангун ва бигун цадахъ бачIуна, гьеб гIамал цIалеб цIадироялда тIадги лъолаян (Ибну Абу-Дуня).

Аллагьас ﷻ къабул гьареги щивасул къурбанал ва гьарурал лъикIал гIамалал.

 

 

ХIабиб МухIаммадов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...