Аслияб гьумералде

ГIидалъул къо

ГIидалъул къо

ГIидалъул къо

ГIидалъул сордо чIаго гьаби хирияб гIамал буго. Гьелъул магIна кколаро кьижичIого вукIине кколин абураб. Гьелъул магIна ккола зикруялда, какал раялда, гIелму цIалиялда ва гьел гурелги гIибадатал гьариялда инабизе кколин абураб. Аварагас ﷺ абуна: «КIиябго гIидалъул сордо чIаго гьабулев чиясул, ракIал холеб къоялъ, ракI холаро», - абун.

 

Гьединго гIидалъул сордоялъ лъикIаб буго такбир бачине, бакъ тIерхьаралдаса гIидалъул как базегIан. Хасго гьеб хирияб буго каказда хадуб ва хIалал хисиялда аскIоб, гIемерал гIадамал ругеб бакIалда. Такбир бачина вилълъунаго, гIодовчIун, вегун вукIаго, мажгитахъ. Такбиралъул къагIида: «Аллагьу акбар – 3 нухалъ, Ла илагьа иллаллагь валлагьу акбар, Аллагьу акбар ва лиллагьил хIамд - кинабго 3 нухалъ. Хадуб - Аллагьу акбар кабиран валхIамду лиллагьи касиран ва субхIаналлагьи букратан ва асила. Ла илагьа иллаллагьу валлагьу акбар валиллагьил хIамд. Аллагьумма салли гIала саййидина МухIаммадин ва гIала али саййидина МухIаммадин ва салим». Хадуб дугIаги гьабила.

Гьеб къоялъ яхI бахъизе ккела унтаразухъе ва хIал кIванагIан цIикIкIун гIадамазухъе раккизе ине, садакъа кьей гIемер гьабизе, хасго мискин-пакъиразе, бесдалазе, загIипаб магIишаталда ругел къорол руччабазе. Гьединго лъикIаб буго гьеб сордоялъги радалги гIага-божаразул, вализабазул хабазде зиярат гьабизе, бацIцIадаб ниятгун. Лъимал-хъизаназе гIатIилъи гьабила, гьел рохизарила. Гьеб къоялъ тавбу гьабила рамазан моцIалъул адаб теялдаса ва ккарал мунагьаздаса. ЛъикIаб буго гьеб къоялъ цIияб ретIел ретIизе, черх чурун, мина-къайи бацIцIун, кIванагIан рацIцIалъи гьабизе. Аварагасул ﷺ букIанила хасаб ретIел гIидалъул къоялъ гурони ретIулареб. Гьединго кIвар кьезе ккела закат-сахI тIобитIиялдеги. Гьеб тIобитIизе бегьула гIидалъул къо бачIиналдегоги.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги гIидалъул къо адабалда тIобитIулездасан ва гьедин тIобитIаразул баракат щолездасан. Амин.

 

ГIабас СалихIов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...