Аслияб гьумералде

Нилъее мисал

Нилъее мисал

ГIабдуллагь ибн Жафар рокъове тIадвуссунелъул хIухьбахъизе гIодов чIолаан бетIергьаби лъаларел чамасдакил гъутIбузда гъоркь. ГъутIби ругелъув хIалтIулев чIегIерав лагъ вукIанила.

Гьесие квен босун вачIиндал, гьеб бихьараб гьой, чалиялда тIасанги кIанцIун бачIуна лагъасде аскIобе. Лагъас кодоб букIараб панкъ рехула гьвеялъе. Гьелъ гьеб кванайдал, лагъас долъие кIиабилеб ва лъабабилеб панкъги рехула. ГIабдуллагь ибн Жафарица лагъасда гьикъула: «ТIубараб къоялъ дуе щиб квенгIаги кьолеб?» - илан. Лагъас абула дуда бихьараб лъабабго панкъ бугин. ГIабдуллагь ибн Жафарица гьикъула: «Щайха дуца доб гьвей тIаса бищараб дудасаго?» - ян. Цинги лагъас абула:

«Гьаб рахъалда гьаби рукIунаро. Гьаб бачIана рикIкIадаб бакIалдаса бакъун букIаго, кваназе жо щвелародайин. Гьелъ дие гьеб нахъчIвазе бокьун букIинчIо», - ян. ГIабдуллагьица гьесда цIехола: «Щибха дуца жакъа гьабизе бугеб?» - абун.

Лагъас абула жакъа жив вакъун вукIине вугин. ГIабдуллагь ибн Жафарица абула: «ГIадамал рукIуна дун сахаватав чи вугин, гьав дидасаги сахаватав вуго», - ян. ГIабдуллагь ибн Жафарица вичун восула гьев лагъ ва гьениб букIарабщинаб жоги, хадуб лагъ тархъула ва гьениб бугебщинаб жоги гьесие кьола.

Жеги бицуна, цо чи гъуялда аскIов вугеб мехалъ гьвей бихьанила гьелда сверухъ лъугьун, къечалъ лъим гьекъезе бокьун. Гьев чияс гъуялде жанивеги ун, жиндирго хьит цIун лъимги босун, гьвеялъе гьекъезе кьола. Аллагьас гьесул киналниги мунагьалги чурун руго. Гьединал сахаватал чагIи рукIана цересел гIадамал. Гьезда нахърилълъине нилъее тавпикъги кьеги.

ГIАЛИ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...