Аслияб гьумералде

Жигьадалдасаги лъикIаб гIибадат-гIамал

Жигьадалдасаги лъикIаб гIибадат-гIамал

 

Хириял диналъул вацал! Гьале исанаги тIаде щолеб буго исламалъул щуабилеб рукну, хIеж гьаби жинда жаниб бугеб, хирияб зулхIижа моцI. Кидадай гьеб тIаде щвелаян гIищкъуялда балагьун чIун рукIарал хIеж гьабизе бокьарал гьанже ракI хIалхьун, хIежги бухьун, ГIарафа майданалде къокъине хIалакун, ГIарафа къо бачIиналъухъ балагьун хIадурун ратила. Исана хIежалде ине рес ккечIого хутIарал диналъул вацалги яцалги Аллагьас тIаде-тIадеялъул хирияб ракьалдеги рачун, къабулаб хIежги кьун, рази гьареги! Гьаб моцIалда жанир ругел хириял гIамалал гIадада хвезе течIого гьаризе тавфикъ кьеги!

 

 

 

БАЯН

ГIарафа къоялъ 1000 нухалъ «къулгьу» цIализе лъикIаб буго. ГIарафа къоялъ гьабураб лъикIаб гIамал лъагIалица гьабураб гIамалалда бащалъула. Лъабго «къулгьу» цIалани, Къуръан цIалиялда бащалъула. ХIисаб гьабе, гьеб къоялъ 1000 «къулгьу» цIаларав чиясе щвезехъин бугеб кIудияб даражаялъул.

 

________________________________________________________________________________

 

 

 

 

ЗулхIижа моцI ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал моцIазул цояб. Бухарияс ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда абулеб буго, Аварагас ﷺ абунин: «ТIадегIанав Аллагьасе лагъас гьеб анцIабго къоялъ гьабураб лъикIаб гIамалгIан бокьулеб гIамал гьечIо, ай БетIергьанасе бищун бокьула лагъас анцIабго къоялъ гьабураб лъикIаб гIамал». Цинги асхIабзабаз цIехана: «Я Бичасул Авараг ﷺ, Аллагьасул ﷻ нухда гьабураб гъазаваталдасагийищ?» - абун. Гьес жаваб гьабуна: «Жигьадалдасаги лъикIаб буго гьел къояз гьабураб гIибадат-гIамал, гьев чияс хутIун, кинабго боцIи-малгун Аллагьасе ﷻ гIоло жигьадалъе дин-ислам цIунизе къватIиве вахъарав ва гьениса тIадги вуссинчIев», - абун.

Тирмизиясги ибну Мажагьицаги Абу-Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Бищунго Аллагьасе ﷻ гьабураб лъикIаб гIамал бокьулел къоял, зулхIижаялъул тIоцебесеб анцIго къо ккола, гьезул цо къоялъ ккураб кIал лъагIалил кIалазда бащалъула, цо сордоялъ вахъун тIадегун гьабураб лъикIаб гIамал Лайлатул къадриялъ гьабураб гIамалалда бащалъула», - ян. ТIубараб гьеб моцIалъ кIал кквезеги суннатаб буго хIалкIварав чиясе, къурбан къоги лъабго къоги хутIун. Гьел къояз кIал кквезе хIарамлъула. ЦIакъго тIадчIей гьабизе рекъола тIоцебесеб 10 къоялъниги кIал кквеялда, хасго ГIарафа къоялъ. ЗулхIижаялъул ичIабилеб сордо ккола ГIарафа сордо. ГIарафа къоялъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абуна: «ГIарафа къоялъ ккураб кIалалъ кIиго соналъ гьарурал мунагьал чурула», - ян. Амма хIажизабазейин абуни, гьеб къоялъ кIал кквезе карагьатаб буго.

ЗулхIижаялъул тIоцебесеб анцIабго къоялда жаниб къурбан хъвезе ният бугев чиясе рас, малъ къунцIичIого тезе суннатаб буго. Гьединго лъикIаб буго ГIарафа къоялъ 1000 нухалъ «къулгьу» цIализе. ГIарафа къоялъ гьабураб лъикIаб гIамал лъагIалица гьабураб гIамалалда бащалъула. Лъабго «къулгьу» цIалани, Къуръан цIалиялда бащалъула. ХIисаб гьабе, гьеб къоялъ 1000 «къулгьу» цIаларав чиясе щвезехъин бугеб кIудияб даражаялъул. Гьединго суннатаб буго гьел къояз садакъа гIемер гьабизе, зикру бачине, хабаде рахине, унтаразухъе зиярат гьабизе, гIагарлъи хурхинабизе, лъикIалдалъун амру, квешалдалъун нагью гьабизе, диналъул вацазе дугIа гIемер гьабизе.

 

 

ГIумар-хIажи ХIажиев

 

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Муфтияталда дандчIвана

ДРялъул муфтияталда, муфтиясул гIакълучIужу ГIайна ХIамзатова, дандчIвана СВОялда араб бакI лъачIого тIагIарал рагъулал хъулухъчагIазул улбулгун ва лъудбигун.  Гьединго, гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул БахIарчиясул эбел, МахIачхъала шагьаралъул №54 школалъул директор Сапижат...


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


БацIадаб ниятгун

Муса аварагасул заманалда гIумру гьабун вукIана цо динияв чи. Гьес Аллагьасе гIибадат гьабулаан, рукъалъул тIохда гIемерал какал ралаан. Цо къоялъ гьесухъеги рачIун цояз бицана гъотIое гIадамаз сужда гьабулеб ахил хIакъалъулъ. Гьебги рагIун, гIащтIиги босун, гъветI къотIизе къасдгун къватIиве...


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...


ГIелмиябгун практикияб конференция

«Консолидированные стратегии лечения ожирения. Мультидисциплинарный подход: от хирургии до реабилитации» абураб цIаралда гъоркь МахIачахъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул тахшагьаралъул №3 клиникияб больницаялъул...