Аслияб гьумералде

ЧIикIасезул байрам

ЧIикIасезул байрам

ЧIикIасезул байрам

Халкъалъего рахIматлъун витIарав Бичасул авараг ﷺ гьавураб моцIалъ тIоритIула мавлидал, гIелмиял мажлисал. Масала, гьединаб мажлис тIобитIана Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъги. Росдалго мавлидалда гIахьаллъи гьабуна гIалим ГIабдулкарим-хIажица, исламиял гIелмабазул доктор, Урмаса МухIаммадица, магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас, росдал имам, исламиял гIелмабазул доктор ГIабдуллагь-хIажица, росдал гIалимзабаз ва мутагIилзабаз.

КIалъазе рахъараз бицана Бичасул аварагасул ﷺ гIумруялъул хIакъалъулъ. Урмаса МухIаммадица бицана Бичасул аварагасул ﷺ умматалде букIараб гIорхъолъа араб рокьиялъул хIакъалъулъ. Хирияв аварагасде ﷺ букIине кколеб адабалъулгун рокьиялъул баян кьуна ГIабдулкарим-хIажица. «Ас-саламалъул» редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас аслияб кIвар буссинабуна казияталъул бугеб пайдаялде, гьелдаса щолеб хайиралде. Хасго тIадчIей гьабуна бачIунеб соналъе подписка гьабизе ккеялда.

«Ас-салам» казият цIикIкIун хъвалезул сияхIалда бищун цересеб кьерда ругониги, чIикIасел ахIана жеги цIикIкIараб жигаралда гьелъие подписка гьабиялде.

Гьаниб рехсечIого гIоларо ЧIикIаб казият хъваялъе хIал кьолел, жигар бахъулел гIолохъабазул хIакъалъулъги. МуртазагIалил бетIерлъиялда гъоркь, гIолохъабаз цIакъ берцинго гIуцIун буго казият хъваялъулги гьеб жиндир заманалда цIалдолезухъе щвезабиялъулги хIалтIи.

Мавлидалда рукIана лъималазегун чIахIиязе кьолел суалалги. Машааллагь, лъималазул гIедегIи, кьураб суалалъе жаваб кьезе. Гьеле гьеб пайдаялъе гIолоцин гьабизе рекъола нилъее мавлидал. Лъималазда аварагасул ﷺ гIумру лъаялдаса кIудияб талихIгун рохел киса щолеб жо. Суалазе жавабал кьуразе рукIана къиматал сайгъаталги.

Аллагьас ﷻ къабул гьабеги гьабунщинаб лъикIаб гIамал. Бичасул аварагасул ﷺ шафагIаталъе мустахIикъаллъун гьареги нилъ киналго.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...