Аслияб гьумералде

Акнада - цIияб мажгит

Акнада - цIияб мажгит

Гъизилюрт районалъул Акнада росулъ тIобитIана цIияб авал-мажгит рагьиялда бан мажлис.

ГIолохъанго къадаралде щварав Акнадаса ГIалиев Расулил цIар лъураб авал-мажгит рагьиялъул мажлисалда гIахьаллъана ДРялъул муфтиясул кумекчи АхIмад-хIажи Надирбеков, муфтияталъул централияб округалда тарав вакил ГIумарасхIаб АрслангIалиев, росдал бегавул ГIумахан ГIалиев, Гъизилюрт шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад-ГIариф Сиражудинов, гIалимчи ХIусенапанди Жамалов, Акнада росдал имам МухIаммад-хIажи МухIаммадов.

Гьединго мажлисалда гIахьаллъана СагIудиязул ГIарабиялъул Жидда шагьаралда вукIарав Россиялъул генералияв консул Багьавудин ГIалиев, машгьурал тохтурзаби АхIмад-хIажи ГIазизов, ГIали Абуязидов, ДРялъул Художниказул союзалъул нухмалъулев КъурбангIали МухIаммадов ва цогидалги.

100-ялдасаги цIикIкIун чияс цадахъ как базе рес бугеб кIитIалаяб мажгит рагьиялда бан гьабуна мавлид, бикьана садакъа. Акнада ккола цIумадисезул росу ва гьеб бана 1957 соналда Ведено районалдаса гочарал акнадисез, ангъидисез ва гIащасез. Жакъа гьеб росулъ буго 1200-ялдаса цIикIкIун цIа-раки.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...