Аслияб гьумералде

Къуръан цIалун лъугIана

Къуръан цIалун лъугIана

Къуръан цIалун лъугIана

Хасавюрталъул Садовияб поселокалда буго баракат нилъее щваяв Ингердахъа Лачен-дибирасул цIаралда бугеб руччабазул мадраса. Гьал къоязда гьенир цIалулел мутагIилзабазул лъугIана махражалда Къуръан цIалун. Гьеб рохалилаб тадбир тIобитIи данде ккезабуна, хирияв МухIаммад авараг гьавураб моцI рабигIул аввал кIодо гьабиялда цадахъ.

 

Мажлисалда мугIалиматун Къураева Хадижатица жиндирго цIалдохъабазе, Къуръан лъугIиялъул дипломал кьуна ва гьел щвана 35-ялъе (10 соналдаса 58 сонил ригьалде щвезегIан ругел ясалгун руччабазе). МутагIилзабаз мугIалиматуналъе баркала загьир гьабуна ва нашидал ахIана. Данделъаразе рицана Аварагасул ﷺ хIадисал, Гьесул ﷺ гIумруялъул бицун гьаруна вагIзаби, битIана салават.

Мажлисалда данделъаразе гIуцIун букIана бечедаб тепсиги. Гьеб киналъулго ишги тIаде босун букIана кверги ракIги гIатIидай, мадрасазе къайимлъи гьабулей, къваригIаралъуй ятулей диналъул яц Сакинат Сулеймановалъ. Гьелдасаги Аллагь разилъаги.

Гьаниб гъоркьехун бахъулеб буго мугIалиматуналъе сайгъат гьабураб назму.

 

 

 

Аллагь разилъаяй мугIалиматун,

Нижер киназулго баркала дуе!

ТалихI кьун йохаяй Хадижат-бика

Кирилъун батаги малъараб гIелму.

 

Нижго санал арал рукIананиги

Лъималазул гIадаб гIамал букIанин,

ГIемер гаргазаюн сваказаюнин,

Сабру гьабуралъухъ батайги алжан.

 

Дуца малъаралъе тархъун ратилин,

Дарсаздеги кватIун тIагIам бахъанин.

Адаб тей, такъсирал гьарун ратилин,

Гьари буго нижер, тIаса лъугьаян.

 

Гьарула дуй гIакълу, гIелмудулъ цIубай,

Гьарула щулияб иман ва баркат.

Жеги гIемеразда гIелму малъизе

ГIатIидаб сабруги сахаб гIумруги.

 

ГIайшат ГIумалаева

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...