Аслияб гьумералде

СагIид-афанди ракIалде щвезавуна

СагIид-афанди ракIалде щвезавуна

СагIид-афанди ракIалде щвезавуна

ХIурматиял бусурбаби, нилъеца абула цебехун араб заман тIадбуссунарин абун. Амма цо-цо мехалда кколеб буго гьеб тартиб хвезабуралда релълъараб иш. Заман тIадбуссинчIониги, цебехун букIараб хIалалде тIадруссарабгIадаб ахIвал-хIал кколеб буго.

 

Гьединаблъун рикIкIине бегьула 14-абилеб февралалда ЧIикIаб росулъ тIобитIараб мажлис. 2012 соналда гьебго росулъ букIараб мавлидалъул къоязде тIадруссараб гIадаб хIал букIана гьеб сордоялъги.

Мажлис гьабулеб мех дандеккун букIана ШагIбан моцI бащалъараб Барааталъул ва СагIид-афанди гьавураб сордоялде. Февраль моцI букIиналъухъ балагьичIого, тIолабго Дагъистаналъулго халкъ бакIарун букIана ЧIикIабе.

Мажлисалъе байбихьи гьабуна шазалияб хатму цIалиялдалъун. МаркIачIул какалги ран, цIалана лъабго нухалда Ясинги. Гьелдаса хадуб байбихьана мажлис.

ВагIзабигун цере рахъана муфтияталъул вакилзаби, рахъ-рахъалда ругел имамзабигун гIалимзаби. КIалъазе рахъараз ракIалде щвезабулеб букIана СагIид-афанди чIаго вукIараб заман, гьесул малъа-хъваял. Гьоркьо-гьоркьор рихьизарулел рукIана СагIид-афандиясул хIакъалъулъ рахъарал видеороликал. Къокъго абуни, мажлисалда букIана живго СагIид-афанди тIадвуссунги вачIун, гьеб мажлисалда гIахьаллъулев вугеб гIадаб хIал.

СагIид-афандиясул гIумру ана Дагъистаналъул бусурбаби данде гьарулаго, гьел рикь-рикьиялдаса цIунулаго. Гьес киналго ахIулел рукIана Дагъистаналъул Динияб идараялда нахъа цолъизе.

 

 

 

 

 

 

СагIид-афандиясул ясалъул вас Мурадица гьеб мажлисалда бицана, росулъ гIолохъабазулгун гьабулеб хIалтIул иш КIудиясда дандбайдал, гьес муфтиясулгун дандбайин ритIанин абун. ХIатта жидерго росулъ гьабулеб гьитIинабго хIалтIицин муфтиясул бербалагьиялда гъоркь гьабизе бокьулев вукIарав СагIид-афандиги вукIаго, нилъее цоги щиб къваригIун бугеб.

Мажлис нухда бачунев вукIарав Казим-хIажияс бицана, ЧIикIаса КIудияс абунин, гьаб жинда тIад баччун бугеб гьир цо мегIералда лъуни, гьебги биххун инин абун. Казимица тIаде жубана, гьабсагIат Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясда бугеб захIмалъи жеги цIикIкIараб бугин абун.

СагIид-афандиясул бицунаго рехсечIого гIоларо Дагъистаналда тIоцебе вагьабияздаса халкъ цIуниялъе хIалтIи гьабурав, гьелъие гIоло исламалъул нухда рухI кьурав чи гьев вукIин. Гьесул заманалда киналго имамзабазда ва гIалимзабазда гуро хIакъаб рагIи абизе кIолеб букIараб. Аммма СагIид-афандияс я рухIалда, я сахлъиялда барахщичIого абуна хIакъаб рагIи, гьеб сабаблъун цIунана Дагъистан питнаялдасаги. Гьедин нилъехъе берцинго кьураб ирс хадусеб гIелалъухъеги кьезе ккола щибго камизе течIого.

Гьеб мажлисалъе чIикIасез гьабураб хIадурлъиялъул бицинего ккелищ? ТIубараб анкьалъ хIадурулел рукIана росдал гIолохъаби мажлисалде. Гьезие хIалае рахъана рахъ-рахъалдаса бусурбабиги. Цояз гIарац бакIарун, цогидал кумекалъе рачIун кIудияб хIаракат гьабуна гIолилаз.

Мажгит занкIун цIун букIиналъ гIадамал къватIир чIезе бакIал гьарун, кIудиял экранал лъун, санагIалъаби гьарун рукIана. Нужее санагIалъи гьечIолъи, квачалел ругищин гьикъаразги жаваб кьолеб букIана СагIид-афандиясде бугеб рокьиялъ хинлъизарулел ругин абун. РикIкIадаса рачIарал гьалбадерие хIадурун букIана кваназе жоги. Гьелъиеги тIубараб росдаца кIудияб жигар бихьизабуна.

Абизе бегьула, мажгиталда мадугьалихъ ругел минабахъги хIадурун бугоан гьалбадерие тIагIамгун тепси.

Мажлисалъул ахиралда кIалъазе вахъарав ЧIикIаб росдал имам ГьитIинов МухIаммад-хIажица баркала загьир гьабуна тIолабго жамагIаталъе, мажлисалде рачIарал гIалимзабазегун бусурбабазе, гьединго, хIалае рахъун чIарал киналго гIолохъабазе.

Щибаб соналъ гьабизе рекъараб мажлис бугин гьабилан тIадеги жубана имамас жиндирго кIалъаялъул ахиралда.

 

 

 

 

 

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...