Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» байрахъ ЦIияб ЧIикIаб

«Ас-саламалъул» байрахъ ЦIияб ЧIикIаб

Дагъистаналда лъикIаб гIадатлъун лъугьун буго росабалъ гIумру гьабулел гIадамазул къадаралъухъ балагьун, бищун гIемер подписка гьабураб росдае «Ассалам» казияталъул байрахъ цоцахъе кьей.

Гьале исана, лъабабилеб нухалъги, росабазда гьоркьоб 2022 соналъе гьабураб подписка халгьабун гьеб байрахъ щвана ЦIияб ЧIикIаб росдае. Бищун гIемер подпискагун цадахъ унго-унгоги гьеб байрахъалъ бихьизабула росдал жамагIаталъул гъунки, гьуинлъи, исламалъул церехъабазе мутIигIлъи ва къваригIараб къоялъ исламалъе гьабулеб хIалтIуе къвал гури. Исана росдал имам Шамил ГIисахIажиявас ва ЦIияб ЧIикIаб вугев «Ас-саламалъул» вакил Абакар МухIамадовас, росулъ ругел волонтеразул къокъабигун цадахъ, цо къоялда жаниб гьабуна 1500 подписка. Гьебги ккола тIад къараб планалдасаги лъабго нухалъ цIикIкIун.

Имам Шамил ГIисахIажиевас бицана: «Аллагьасе щукру гьабизе ккараб жо буго гьаб соналъги дагIваталъул байрахъ нижер росулъе бачIин. Гьале лъабабилеб сон буго нижер росдаца гьеб байрахъалда дандчIвай гьабулеб бугелдасаги. Жеги рохалилаб хабар буго гьеб байрахъ кидаго нижер росулъ тейги. Гьединго, чанго сон буго росулъ дагIваталъе квербакъизе волонтеразул къокъаби гIуцIун ругелдаса. Жакъа 23 гьединаб къукъа буго ва щибаб къукъаялдаги вуго 20 чи. БецIаб сардилъ цIвабзазул мисалалда руго дие гьел киналго. Кинаб хIалтIи росулъ гьабулеб бугониги яхI бахъун къвалал гурула гьез. Жакъаялде 1801 подписка буго. Гьелде тIаде, 2022 сон байбихьизе заман бугелъул, жеги гьеб къадар цIикIкIинабиялъе хIалтIи гьабулебги буго. Аллагьас кумек гьабеги», - ян.

Байрахъ бачIараб къоги рабигIул-аввал моцI букIана. Авараг кIодо гьавун ва гьеб рохалилаб къо сабаблъун гьеб сордоялъ ЦIияб ЧIикIаб росулъ тIобитIана баракатаб мажлис-мавлид. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабаз, гIалимзабаз, «Ас-саламалъул» вакилзабаз ва гьалбадерица.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...