Аслияб гьумералде

Волонтеразул данделъи

Волонтеразул данделъи

Гъизилюрт районалъул Нечаевка росулъ тIобитIана Гъизилюрт шагьаралда «Ас-салам» казият тIибитIизабулел волонтеразул данделъи.

Гьениб гIахьаллъи гьабуна Гъизилюрт шагьаралъул имам МухIаммадгIариф Сиражудиновас, Дагъистаналда «Ас-салам» тIибитIизабиялъул отделалъул вакил МухIаммаднур Ибрагьимхановас, шагьаралда казият тIибитIизабиялъул отделалъул вакил ГIабдуллагь Дадаевас, шагьаралъул авал-мажгитазул имамзабаз ва шагьаралда «Ас-салам» казият тIибитIизабизе кумек гьабулел волонтераз.

Имам МухIаммадгIариф Сиражудиновас бицана данделъиялъул аслияб мурад диналъул вацал цоцада рихьи ва гьоркьоб рокьи цIикIкIинаби букIиналъул хIакъалъулъ.

«Исламалъе гIоло гьабулеб хIалтIуе гIурхъи букIунаро. Жакъа Аллагьас ﷻ дагIват гьабиялъе нилъее рес кьуралъухъ щукру гьабизе ккола. Муридзабазги цIакъ кIвар кьезе ккараб жо хатму-салават. Бокьилаан щивас хатму-салаваталде унаго рокъор ругел вацал ва гьудул-гьалмагъазаби цадахъ рачине», - ян абуна М. Сиражудиновас.

МухIаммаднур Ибрагьимхановас бицана, исламалъул хIалтIи цо чияс гьабулеб жо букIунарин. Щивав чиги дагIваталъул нухда вукIине кколин. Киналго цадахъ хIалтIани, хIалтIиги цебе тIолин абун.

Данделъилъул ахиралда М. Ибрагьимхановас волонтеразе баркала загьир гьабуна ва цIакъго лъикI хIалтIаразе шапакъаталгун сайгъаталги кьуна.

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....