Аслияб гьумералде

ДугIа къабуллъана

ДугIа къабуллъана

ДугIа къабуллъана

Дун ккола анлъабилеб классалъул цIалдохъан. Нижер росдал мажгиталъул имамас, 40 къоялъ какде хьвадиялъул конкурсалъул бициндал, рогьалил какде хьвадизе байбихьана.

 

Дунго гIадин цогидал лъималги хьвадулаан, цадахъ жидерго дадаялги рукIана. Диеги цIакъ бокьун букIана дидаго цадахъ дир дадаги рогьалил какде хьвадизе. Цинги цо къоялъ дица дадада абуна рогьалил какде щай мун вилълъунаревин абун. Жинца рокъобго балин какин абуна гьес. Дица эбелалда бицана дирго анищ.

Цинги эбелалъ малъана, рогьалил какде индал, Аллгьасда гьарейин дадаги дида цадахъ рогьалил какде хьвадизавеян абун. Дицаги гьедин гьаризе байбихьана. Нуж бицун божиларо, анкь иналде дада дида цадахъ рогьалил какде хьвадизе лъугьана.

Гьединлъидал бокьун буго баркала кьезе гьеб конкурс ургъаразе. Аллагь разилъаги нужедаса.

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...