Аслияб гьумералде

ЦIакъ рокьула амма...

ЦIакъ рокьула амма...

ЦIакъ рокьула амма...

Хириял лъимал, эбел-инсудехун цIунизе кколел адабал гIемер руго. Аварагас ﷺ гьелъул хIакъалъулъ гIемерал хIадисалги рехсон руго. «Эбел-эмен разилъиялъ гIумру халат гьабула» ва «Нужее алжан эбел-инсул хIатIазда гъоркь буго», - абурал хIадисал.

 

Лъимал, нужее киназего эбел-эмен цIакъ хириял ратила. Дун вуго 57 соналъ лъималазе тарбия ва лъай кьолаго гIумру арав чи, гьелъ бокьун буго гьездехун букIине кколеб адабалъул бицине.

– Эбел-инсул каламалъухъ гIодоре риччан гIинтIаме, адаб тун данде кIалъаге.

– Эбел-эмен тIаде рачIиндал тIаде вахъа ва гьезие гъоркь лъезе бакI босе.

– Гьезул амру тIубазабе, цохIо Аллагьасде гIасилъи хутIизегIан.

– Гьездехун мугъги кьун чIоге.

– Гьезда кIалъалеб мехалда гьаракь борхизабуге.

– Гьезул ахIиялъе берцинго гьабе жаваб.

– Щиб гьабулеб бугониги гьезул разилъи тIалаб гьабе.

– Гьездехун руссунеб мехалъ адабалда, гурхIел-рахIмуялдалъун ралагье, хасго херлъараб мехалъ, гьабулеб хъулухъги берцинго гьабе.

– БадирчIваял гьарун гьезул ракI бекизабуге.

– Ццим бахъун киданиги гьезул бадире ралагьуге.

– Гьезда бичIчIизабизе къваригIараб, гьумер букIкIинабун кIалъаге, хIеренаб каламалдалъун гьабе.

– Сапаралъ рахъунелъулги гьезул изну тIалаб гьабизе хIаракат бахъе.

Дир хириял лъимал-гьитIичIал, Аллагьас къуват кьеги нужее кидаго эбел-инсул адаб цIунулеллъун рукIине.

 

Заирбег МухIаммаднабиев, ТIогьохъ росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...