Аслияб гьумералде

Лукъманил насихIат

Лукъманил насихIат

Лукъманул ХIакимил васас инсуда абуна: «Я, дир эмен, инсанасдаса щиб пиша хирияб бугеб»? - ян. Лукъманица абуна дин бугин. КIиго жо бугони, щиб бугебилан нахъеги васас цIехедал, гьес абуна дин ва боцIи бугин.

Лъабго бугони, щиб бугебилан цIехедал, дин, боцIи ва нич бугин жаваб кьуна. Ункъо бугони, щибха бугебилан цIехедал, дин, боцIи, нич ва лъикIаб тIабигIат бугин абуна Лукъманица. Щуго бугониян цIехедал, дин, боцIи, нич, лъикIаб тIабигIат ва сахаватлъи бугин абуна Лукъманица васасда. Анлъгоялъул цIехедал, Лукъманица абуна: «Я, дир вас, щуго пиша гьесулъ данделъараб мехалда гьев Аллагьасукьа хIинкъарав, вацIцIадав ва цIунаравлъун вуго, Аллагьасдеги гIагаравлъун вуго, шайтIаналдасаги рикIкIалъаравлъун вуго», - ян.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...