Аслияб гьумералде

Гьорхъохъеб дин

Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин абураб.

 

Амма букӀине кколедухъ дин гьабизе ва битӀараб нухдаса къосинчӀого вукӀине бусурбанчияс лъай тIалаб гьабизе ккола. Гьеб гьечӀони, инсанас гъалатӀал гьаризе руго.

ГӀемерисеб мехалъ лъай гьечӀолъиялъ ТӀадегӀанав Аллагьасде ﷻ хьул лъеялдаги Гьесдаса хӀинкъиялдаги гьоркьоб хIал цӀунизе кӀвечӀолъиялъ муъминчи гӀорхъолъа ун ватула.

Цо-цо гӀадамаз цӀакъго мугъчӀвай гьабула Аллагьасул ﷺ рахӀматалде, Гьесул кӀодолъиги тамихӀги кӀочон тун. Гьел Гьесдаса гӀураб къадаралъ хӀинкъуларо, мунагьал гьарула, жалго гуккула «Дица тавбу гьабила, Аллагь ﷻ дидаса тӀаса лъугьина», - ян абураб пикруялдалъун. Гьеб буго цIакъ хIинкъараб пикру. Гьелдаса цIуни гьабизе ккола.

Цогидазда, гьелъул гӀаксалда, ракIалде ккола Аллагьас ﷻ тамихI гьабун гурони рахIму гьабиларин абун

Гьезда кӀочон тола ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ рахӀматалъул гӀурхъи гьечӀеблъи, гьев тӀаса лъугьуневлъи ва гурхӀулевлъи. Муъминчияс Гьесде таваккал гьабизе ккола. Гьединаб гӀорхъолъа араб хӀинкъиялъ инсан махӀрум гьавула гӀибадаталъул рохелалдаса.

Гьединлъидал щивав муъминчиясе хӀажатаб жо ккола хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб рахъ кквей. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магӀна): «Абе (МухӀаммад) Дир лагъзадерида жидеего гӀорхъолъа араб (жидерго мунагьазул) зарал гьабурал: «Аллагьасул рахӀматалдаса хьул къотӀуге», - ян («Аз-Зумар» сурат, 53 аят).

Гьединго нилъеда кIочоне бегьуларо лъикIаб пикру Аллагьасдехун ﷻ гьабизе кколеблъи. ХIадисул къудсиялда буго: «Дун вуго чиясе гьес Дир хIакъалъулъ пикру гьабураб куцалда», - абун.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...