Аслияб гьумералде

Аллагьас ﷻ жидее кумек гьабулел

Аллагьас ﷻ жидее кумек гьабулел

Аллагьасул ﷻ расуласул ﷺ хIадис буго: «Бусурбанчи бусурбанчиясе вац ккола. Гьес киданиги вацасе зарал гьабуларо, хIажалъи ккедал кумек гьабичIогоги толаро», - ян. Нилъер диналда вацлъи абураб жо кIудияб нигIмат буго. Цоги хIадисалда буго, кIиго диналъул вац релълъарал ругин цоялъ цояб чурулеб кIиго квералда. Чиясул квераз гьабулеб гIемерисеб иш цоялъ цоялъе кумек гьабичIого тIубаларебго гIадин, диналъул вацалги цоцазе хIалае рахъараллъун рукIине ккола.

НугIман ибну Баширидасан бицун буго, бусурбаби релълъунин чиясул къаркъалаялда. БетIер ялъуни бер унтулеб мехалда гьеб кколин тIубараб къаркъалаго унтилъун (Муслим). Исламалъ ахIула вацлъи щулаго кквеялде, цогиязул мурадал тIуралеллъун рукIиналде.

Щивас цIунизе ккола вацлъи, цолъи, цоцазда гьоркьоб гьуинлъи. Гьеб тIубаларебгIан мехалъ нилъер динги букIуна цIубачIеблъун, аварагасул ﷺ умматги букIуна цолъизе кIолареб наязул руккел гIадин. Наязул руккел буго данделъизе кIвечIони жидер хадусеб хIалтIи гIадада хвараблъун. Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасда ﷻ божулев чи релълъарав вуго диналъул вацасе щулалъиялъе ва цоялъ цояб кквезе къадалъ лъураб ганчIида», - ян (Муслим). Къадалъ лъураб гамачI гIадлуялда гьечIони, къед гIемер заманалъ бахъун чIоларо, бахъун чIаниги биххиялда хIинкъи букIуна. Вацлъиги щулалъараб гьечIони, щибго гуреб гIилла сабаблъун цоцадаса барщулел, гьоркьоб кьал бижулеблъун лъугьуна. Жеги абун буго аварагас ﷺ: «Нужер цонигиясул иман камилаблъун букIунаро жиндиего бокьулеб диналъул вацасеги бокьизегIан», - ин (Бухари).

Ибну ГIумаридасан бицун буго: «Аллагьасе ﷻ бищун рокьулел чагIи руго бищун пайдаял. Гьесие ﷻ бищун бокьулеб гIамалги – диналъул вацасул рекIелъе лъугьинабулеб рохел ялъуни захIмалъи ккедал гьесие гьабулеб кумек буго», - ян. Пикру гьабе, сапаралда унаго сверухъ чиго гьечIеб бакIалда машина хун нухда хутIараб мехалъ тIаде вачIарас дур хIажат тIубани, кигIан мун вохилев, чан жо гьарун дуца гьесие дугIа гьабилеб. Хадубги хIадисалда абулеб кинниги: «ХIажалъи ккараб мехалъ диналъул вацасе кумекалъе вачIин дие цIикIкIун бокьулеблъун буго моцIалъ мажгиталъув игIтикафалда вукIиналдаса», гьеб гIамал Аллагьасда ﷻ ва Гьесул ﷻ расуласда ﷺ аскIоб кIудияб иш буго.

Добго хIадисалда буго: «Диналъул вацасдехун ццим къулчIарасулги Аллагьас ﷻ мунагь-хатIаби рахчула», - ян. Гьалъулги пикру гьабизе ккела щивас, аскIов вугесда бадибе загьир гьабичIониги, машиналда унагоцин кигIан ццин бахъун нилъеца гьесда хадур рагIаби речIчIулел?!

«Диналъул вацасе кумек гьабиялъул нияталда къватIиве вахъарасул хIатIал Аллагьас ﷻ гьел хъущтIулеб къоялъ (Къиямасеб къоялъ СиратI бахунелъул) щула гьарула», - ян абулеб буго хадубги хIадисалда. Гьаб гIамал кколес тIадехун рехсараб кинабго жанибе бачуна.

«Квешаб тIабигIаталъги, лъикIал гIамалал къанцIаялъ гьоцIо хвезабулеб кинниги, хвезарула», - ян буго рехсараб хIадисалъул ахиралда (ТIабарани). Гьединлъидал, диналъул вацаздехун гIамал мекълъун рукIуналъ, цоцазулгун гьоркьоблъи хвезаби гуреб нилъерго гIамалалги загIип гьарула. Гьедин бугеб мехалда, гьарула щивасе диналъул вацазулъ гьуинлъи, цолъи, ракIал журай.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...