Аслияб гьумералде

Заманалъул къимат

Заманалъул къимат

 

Заманалъул къимат

Цо кинаб бугониги иш-пишаги гьабичIого гIадада заман тIамулел гIадамал руго жидеегоги жидеда сверухъ ругезеги зарал гьабулел чагIи. Кинин абуни, гьабизе жо гьечIолъиялъ цо лъидаса бугониги нахъасан кIалъан, мацI гьабун, къваригIел гьечIебщинаб бицун.

 

Гьединлъидал гьабизе жо гьечIого хутIараб, ай эркенаб заман гIемерлъараб мехалда инсан хIинкъизе ккола. Гьединав чи релълъинавизеги бегьула цIакъго кутакаб хехлъиялда, гьебгиха жаниб водительги гьечIого, цин цояб рахъалде, цинги цогидаб рахъалде балагьун унеб машинаялда. Гьелъул ахирин абуни талихIкъараб ккезе букIин хIакъабги буго. Гьелъин инсан цIодорго вукIине кколев гьабизе жоги гьечIого хутIидал, абухъего, гIомо борлъиялде ккараб мехалда.

Гьадингоги къокъаб гIумру бикъулеб жолъун ккола эркенаб заман, цо щиб бугониги гьабизе кIвахIаллъи. КIвахIаллъиялъ хIинц гьабула гIакълу. ГIакълу хIинцлъидал инсанасда кIочон тола хIалтIизе кколеблъи гуребги, ургъизе ва пикру гьабизе кколеблъиги. Гьединлъидал, чIваге гIадада заман, вахъа тIаде, гьабе гIибадат, цIале Къуръан, баче зикру, гьабе рукъалъе хIажатаб. Метералде тIамун тоге щибго. Метер къо я бачIина, я бачIинаро. БачIаниги, метерниги гьабизе кколеб щай жакъаго гьабун тIаса бихьизабулареб?

РахIат-хIалхьицин гьабизе ккола черхалъеги рухIалъеги пайда букIунедухъ, дуегоги аскIор ругезеги хайир щоледухъ. Гьедин гьабулеб бугони, талихIалъ дуда къвал бала. Дурго гIумруялъулъ тоге эркенаб заманалъе бакI. Эркенаб заманин абуни ккола къваригIел гьечIел пикраби гьари, ургъелал тIаде цIай, мунагьазул гьир баччизе лъугьин. Эркенаб заманцин пайдаялъе хIалтIизабулеб бугони, гьел жалаздаса, ай мунагьал гьариялдаса мун хвасарлъула, талихI аскIобго батула, ай гьелда хадуб, хьиталги хвезарун, хIатIазе гIакъубаги кьун, махIабиги унтизарун рикIкIа-рикIкIадеги хьвадизе кколаро.

Гамида рекIун унев чиясда ракIалде ккола жив цого бакIалда чIун вугин. Гамайин абуни цебехун унеб букIунелъул, жиндирго нух лъугIидал, щвезе кколеб бакIалде гьеб щола. Гьелдаго релълъун буго инсанасул гIумруги, заман лъугIидал рагIалде щолеб. Гьеб рагIалги буго хвел. Гьединлъидал, гIакълу бугев чияс заман гIадада биччаларо. Гьеб битIун хIалтIизабизе лъарав мурадалдеги щола, щибго ургъел гьечIого биччан таравин абуни, кIудияб нигIматалдаса махIрумлъула ва нахъа пашманлъула. Дунялалда гьабураб ахираталъе нахърател бугелъул, гьаниб гIадада заман биччай талихIкъей буго. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъараб гьечIо гIадада заман инабизе, гьелъ инсан диналъулъги дунялалъулъги нахъе ккезавула. Абугьурайратидасан бицараб аварагасул хIадисалда буго: «Цониги чи холаро пашманлъун гурони», - ян. Гьедин аварагас абидал, асхIабзабаз цIеханила: «Я, Аллагьасул расул, щай гьев пашманлъулев?» - абун. Аварагас абуна: «ЛъикIлъи гьабулев вукIун ватани, жеги цIикIкIун гьабичIолъиялдаса. Квешлъи гьабулевлъун вукIун ватани, гьеб течIолъиялдаса», - ян.

ХIасанул Басриясги абун буго: «Гьаб дунял буго лъабго къоялдаса гIуцIараб жо: тIоцебесеб, ай сонисеб къо - гьабураб гIамалгун цадахъ жиб араб. КIиабилеб, ай метерисеб къо - жиб бачIинебищ яги бачIинарищали лъалареб. Лъабабилеб, ай жакъасеб къо - жиб бугеб, гьединлъидал гьелъулъ гьабе кIвараб куцалда лъикIаб гIамал», - ян.

 

 

МухIаммад-ХIабиб МахIатIов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...