Аслияб гьумералде

Къуръан лъазабиялъе насихIатал

Къуръан лъазабиялъе насихIатал

Къуръан лъазабиялъе насихIатал

Щивав бусурбанчиясе рухIалдасаги хирияб буго Къуръан. Гьелда рекъон тIамула нилъеца гIумруги.

 

Къуръан ккола нилъее битIараб нух бихьизабулеб нур. Гьелда нахъвилълъарав гIададаги холаро. Бищун аслияблъунги ккола Къуръаналда хурханщинаб лъазаби.

– Къуръан лъазабизе ккани тIоцебе къваригIуна бацIцIадаб ният, гIицIго ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIололъун, Гьесул разилъи щвезелъун. Гьедин гьабуни, иншааЛлагь, Гьесул ﷻ кумек ва тавпикъ щвезе буго.

– Адаб ва хIурмат гьаби. Гьелъул адабал лъазаризе бокьарав тIахьаздеги ваккизе бегьула яги лъалезда гьикъила.

– Лъазабиялъул къагIида гIуцIи. Чанго аят щибаб къоялъ лъазабила, кигIан захIмалъаниги. Цо чанго къоялъ гьедин гьабулеб бугони, хадуб бигьалъула.

– Гьоркьоб къо биччангутIи. Нагагь биччани, тохлъун ккола. Гьоркьоб къо биччани, бецIизе хIаракат бахъе.

– Къуръан лъазабиялда даимлъи. Балагье мунго машгъул гьавулареб бакI.

– ЦIалулеб ва лъазабулеб цIале рагIизабун. Гьедин гьабиялъ лъикIго ракIалда чIола.

– ЦIалилалде яги лъазабилалде хIаракат бахъе мугIалимасда цебе гьелъухъ гIенеккизе. Гьедин гьабиялъги ракIалда лъикI чIезабула ва хIурупал рахъи лъикIлъула.

– ЛъазабизегIан цебе гIаммаб магIна лъазабе. Гьелъги цIакъ кумек гьабула ракIалда чIезабиялъе.

– Киданиги кIочон тоге ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьаризе гьеб цIализе ругьунлъизе кумек гьабеян, сабру кьеян ва бигьалъагиян.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги, баракат камунги тогеги. Амин.

 

СагIид Мурадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...