Аслияб гьумералде

Мунагь теялде рачунел ишал

Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.

 

Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин хвасарлъиялъе нух букIуна. Бищун кIвар бугелдасан ккола рекIелъ иман цIуни ва Аллагьасда цебе ракI рагьи. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Мунагьаздаса тавбу гьабулел, гъаплаталдаса ракIалги рацIцIад гьарулел чагIи Аллагьасе рокьула», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 222).

Напсалъе бокьараб гьабун мунагьалъукье ккедал гьал хадур рехсарал нухазда тIадчIей гьабизе инсанасда тIадаб буго:

ТIоцебесеб иргаялда, гьабураб мунагьалдаса ракI бухIизе ккола, вохизе ва гьелда ракI разилъизе бегьуларо. Гьебгун цадахъ хIинкъизе ккола жеги гьелдаса кIудияб мунагь гьабиялдаса.

Гьабураб мунагьалда даим-лъунгутIи. Мунагь гьабидал хIаракат бахъизе ккола, Аллагьас ﷻ нилъее кьурал хIалалал нухалги хIалтIизарун, гьеб мунагьалде цIидасан нахъвуссунгутIизе.

Гьабураб мунагьалдаги тавбуялдаги гьоркьоб, гьоркьохъеб къадар цIунизе ккола. Чара гьечIого тавбу гьабулеб мехалъ цIакъ ракI бакъван, Аллагьасе хIелун вукIине ккола. ТIаса бихьиялъе даимго гьабулеб жоялда релълъун букIине бегьуларо тавбу. Тавбу гьабиялдасаги мунагь гьабизе инсанасе бигьалъула. Кинниги цIидасанги мунагь гьабиялде кколев вугони, тавбу гьабиялда кIарччанлъи ккезеги тезе бегьуларо.

Инсанасда лъазе ккола жинца гьабураб жо мунагь букIин. Гьесул бадиб гьеб гьитIи-бикъинаб жолъун букIине бегьуларо. Гьелъул магIнаги ккола гьабураб мунагьалъе, гIиллаби рачинчIого, гьеб мунагь букIин чIезаби. ХIалалаб жо хIарамаблъун ва гьединго хIарамаб жо хIалалаблъун чIезабулев чи куфруялде кколевлъиги нилъеда лъала.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...