Аслияб гьумералде

Бокьулареб – кьогIаб

Бокьулареб – кьогIаб

Бокьулареб – кьогIаб

Пашманлъи тIаде бачIиндал пикраби гьаре лъикIабщиналъул. Пикрабаздаго цадахъ хIаракат бахъе лъикIаб иш гьабизе, лъие бугониги садакъа кьезе, щив вугониги рази гьавизе. Гьеб мехалда дуда бихьила дурго ракI гIажаибго чIаголъун бачIунеб куц ва ракIалдеги ккезе буго дидаса талихIав чи щив вукIуневилан. Вореха, лъица бугониги баркала кьезелъун хIалтIи батаниги, цоги щиб бугониги гьабуге. Гьабулебщинаб гьабе Аллагьасе гIоло, Гьесул разилъи тIалаб гьабун, Гьесдаса сайгъат щвеялде хьулгун.

Гьабулеб хIалтIи букIине ккола ракIалъ тIаса бищараб, дуего бокьулеб, гъираялда гьабулеб, цогидазеги кумек щолеб. Бокьулареб хIалтIи гьабизе цIакъ захIмалъулелъулха. Гьабулеб ишалде тIаделъе тавакалгун, жакъаго гьабизе бегьулеб метералде тIамунги тоге. Аллагьас дуе кьун ругел рахIматазул, нигIматазул пикру гьабе, гьезул хIакъалъулъ бице ва БетIергьанасе реццгун щукру гьабизе кIочонге.

Аллагьас кьун буго дуе лъикIаб сахлъи, ризкъи, хъизанлъимал, хIалтIи. Гьеб киналдасаго разиго вукIине ва гьелъухъ щибаб къойил ТIадегIанасе аза-азар рецц гьабизе тIадаб гьечIищ? ХIаракат бахъе гIадамазулъ лъикIабщинаб бихьизе, гIунгутIабазде балагье бералги къанщун. Анкьабго рахъ рекъарал гIадамал рукIунареблъи лъай ва мунгоги гьединавлъун гьечIеблъи бичIчIа.

Лъугьа-бахъин

Бищун бигьаяб жо буго чияде гIайиб рехи. Масала, гьаб заман буго кинавго чи унтараб. Гьелъги батила пачалихъиял рукIа, жалго бетIергьанал рукIа больницабигун клиникал гIадамазул кьабун цIунги рукIунел. Щивав чиясе бокьула жидер мурад хехго тIубазе, тохтурас кумек гьабизе, хIажалъи батани больницаялда регизаризе. Амма кинавго чиясул гуро гьеб мурад тIубалеб. Мурад тIубараз тохтурасе, кумек гьабурасе баркала кьола, нахъчIвани – нагIана кьезеги гIедегIула.

Дагьабниги унтун лъугьани щивав чиясда ракIалде ккола чара гьечIого жив больницаялда вегизавизе кколинги. Нагагь вегизавичIони, гIазаналлагьха, битIахъе билъун цIамул лъим тIола тохтурасул бадибе. ХIакъикъаталдайин абуни, абизегIанасеб унти батичIони ва тохтурас хъварал дараби рокъорго гьаризе бегьулеб хIалалда чиги ватани, щайха гьев больницаялда вегизавизе кколев, цIакъго унтарасе бакIги къварид гьабун? ГIарац кьун букIарабани яги лъалел-хъвалел ралагьун рукIаралани гьезул кумекалдалъун регизаризе рукIанин абулелги камуларо. Гьедин абулезде данде абизе рагIиги гьечIо.

Щайгурелъул, гьеб буго шагьаразда бугеб «унти», гьеб гьедин гьечIин абулесда тIадрекъезеги кинго кIоларо. Амма тохтурзабазда бугьтан лъезе, гьел гьадиналин, додиналин абизеги гIедегIизе бегьуларо. Пуланаб къоялъ хирургасухъе ахIун бачIуна чара гьечIого гIолиласе операция гьабизе кколеб бугин, хехго тIаде щвайилан. Гьеб параялъ гьес машина бакула ва кIвараб хехлъиялда тIаде щола. Больницаялъул кIалтIа ватарав гIолиласул инсуца гьесие бадибчIвай гьабула кватIунилан ва дурго васасе кумек къваригIун букIарабани кватIилароанин мунилан хадуб рагIиги рехула.

Тохтурин абуни, операция гьабизе уна. Заманалдасан гьев къватIиве вачIуна ва операция гьабурасул инсуда рагIиги абичIого жиндирго нухда уна. Гьесдаго хадуй ячIарай медсестраялъ инсуда бицуна вас хвасар гьавизе кIванин, щибго ургъел гьабизе кколеб хIал гьечIин. Бихьулищ дов тохтурасул хIалихьалъи, операция лъикI кканин абизе бегьулеб букIинчIищ дос. Гьададинавгийищ тохтур вукIуневилан кIалъала гIолиласул эмен.

- Жакъа досул вас хвана. Гьев хабалъ вукъулев вукIарав чи вачIана дов гьаниве, дур васасе кумек гьабизе. Дуца абухъе, гьедигIан квешав чи гьечIо дов тохтур, - ян абула медсестраялъ. Гьелъухъего, чияр бадиб къан бугеб гIочIол бициналде, цин нилъго балагьизе ккола нилъерго бадиб щиб къан бугебали. Чияе къимат кьелалде хIалбихьизе ккола досул хьиталги ретIун, дос нахъа тараб нухдасан ине, досул ургъел, пашманлъи, рохел нилъерго рекIелъан биччазе. Досул хIетIе тунканщинаб ганчIида хIетIе тункизе. Гьелдаса хадуб чIвазе бегьила чияде гIайиб, малъизе бегьила гIумруялъул нухда хьвадизе кколеб къагIида.

МУХIАМАДХIАБИБ МАХIАТIОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...