Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ цогидазе рахIматлъун вукIанищ?

Авараг ﷺ цогидазе рахIматлъун вукIанищ?

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго: «Дица мун кинабго гIаламалъе рахIматлъун витIана» - ян, ай гIадамазе рахIматлъун витIун танилан абичIо ТIадегIанав Аллагьас.

 

Хирияс халкъалда малъана тIолго рухIчIаголъабазда гурхIизе кколеблъи, гьезие гIакъуба-гIазаб кьезе бегьулареблъи. Гьев жиназухъеги расуллъун витIана, Аллагьас гьелги гьесул баракаталдалъун битIараб нухде тIоритIана. Гьесул баракаталдалъун капурзаби цадахъго тIагIинарулел балагьал халкъалде тIамичIо.

МахIшаралда тIолго халкъалъул къварилъи борхиги гьесул шапагIаталдалъун букIине буго. Гьесул шапагIаталдалъун жужахIалда цо-цо капурзабазе гIазаб бигьа гьабизе буго. Аварагзабазул, малаикзабазул даража-тIокIлъиги, Алжаналъул нигIматал цIикIкIинги гьесул баракаталдалъун букIуна. Къокъго абуни, хирияб Къуръаналъ ишара гьабухъе, МухIаммад Авараг ﷺ ккола дунял-ахираталда тIолго гIадамазеги, жиназеги, малаикзабазеги, рухI гьечIел жалазеги рахIматлъун витIарав.

 

АсхIабзаби рокьи

Аварагасе ﷺ жиндирго асхIабзаби рокьулаан, гьес гьезул хиралъаби рицунаан. Гьел унтани гьезухъе ваккизе унаан, шагьаралъул цояб рагIалда ругониги хвараб мехалъ гьел хабалъ рукъиялъулъ гIахьаллъи гьабулаан. Гьезие рокьуларел цIараздалъун гьезде ахIулароан, берцинал гурел цIарал ругони, гьел хисулаан. РакI-ракIалъ хIакъаб Аллагьасул нухде гьел ахIулаан, цIакъго унтун гьел рихьараб мехалъ, гьезда гурхIун бадиса магIу чвахулаан.

Авараг ﷺ киназдехунго лъикI вукIиналъ щивасда ракIалде кколаан жиндаса хирияв чи гьесие ватиларин абун. Мискин-пакъирасе садакъа кьолаан, живго вакъун чIунги гьезул ракъарал кваназарулаан, кигIан загIипав, гIажизав чияс ахIаниги, чIухIичIого унаан.

АсхIабзабазул лъимал реэдулаан, гьезие тIоцебе салам кьолаан. Цо нухалъ сапаралда рукIаго асхIабзабазул хIукму ккана гIиялъажо хъвезе. Гьезул цояс абуна жинца гьеб хъвелин цогияс абуна жинца ччукIилин. Аварагас ﷺ абуна жинца цIул бакIарилин, цIаги бакун гьан белъине. АсхIабзабаз абидал жидецаго бакIарилин цIулин абун, гьес жаваб гьабуна: «Аллагьасе вокьуларо цогидазда цеве живго кIодо гьавулев чи», - ян. АсхIабзабаздаса ватIа кIанцIун вукIунароан гьев, сундулъго гьезие кумекги гьабулаан.

Аварагасухъе хIабашиязул хан Нажашил илчизаби рачIиндал, Хирияс жинцаго хъулухъ гьабулеб букIана гьезие. АсхIабзабаз жидеца кваназеги гьарилин, хъулухъги гьабилин абидал, гьес абуна: «Гьез дир асхIабзаби кIодо гьаруна, гьединлъидал, дие бокьун буго гьел дицаго кIодоги гьаризе, гьезие хъулухъги гьабизе», - ян.

 

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...