Аслияб гьумералде

Ризкъи кьолев Аллагь ﷻ вуго

Ризкъи кьолев Аллагь ﷻ вуго

Ризкъи кьолев Аллагь ﷻ вуго

Сулайман аварагасул къиса

Сулайман аварагас Аллагьасда ﷻ гьарана цо лъагIалица кинабниги махлукъаталъе ризкъи кьезе жиндие изну кьеян. Дур гьелъие хIалкIоларин Аллагьас ﷻ вахIю гьабидал, цо анкьалъгIаги изну кьеян гьарана гьес нахъеги. Гьебги духъа бажаруларин Аллагьас ﷻ абидал, цо къоялъгIаги кьеян гьарулевлъун тIаса инчIо Сулайман. Кинниги, тIадчIун гьес гьаридал, Аллагьас ﷻ гьесие изну кьуна цо къоялъ махлукъаталъе ризкъи кьезе.

Цинги, Сулайманица женазде ва гIадамазде амруги гьабун, дунялалда бугебщинаб боцIи-гIиги бакIарун, чIахIиял хьагалги лъун, гьеб боцIиги хъун, белъана. Гьуриялдаги амру гьабуна, гьеб квен-тIех махIцунгутIизе тIасан хьвадеян. Гьеб хIалалда гIуцIараб кванил тIутI лъураб авлахъалъул халалъи ва гIеблъи букIана кIиго моцIрол нух.

Цинги Аллагьас ﷻ гьесда гьикъана: «Ралъдал махлукъатищ цебе ахIилеб гьоболлъухъ, ракъдалищ?» - абун.

Цебе ралъдал махлукъат ахIилин гьес абидал, Аллагьас ﷻ амру гьабуна бахIрул-мухIитIалдаса цо хIутIалде: «Жакъа Сулайманил кванил тIутIалдасан кванай», - абун.

Цинги хIутIалъ ахIана Сулайман аварагасде: «Я Сулайман! Дуца гьоболлъи гьабун тIутI гIуцIун бугин рагIана, бугебищ?» - абун. Бугин абун гьес жавабги гьабуна. Гьанже бачIун хIутIалъ цо рагIалдасан байбихьун, цогидаб рагIалде щвезегIан, Сулайман аварагасул тепсиялда мацI бахъана.

Гьебги гIечIого, хIутIалъ абуна: «Я Сулайман! Кьеха дие гIорцIизегIан кваназе жо», - абун.

Бугебщинаб жоги кванан бахъинабунин дуца, гьанжегийищ гIорцIуларебин абун гьелда гIайибчIван кIалъана Сулайман авараг.

Цинги хIутIалъ абуна: «Я Сулайман! Гьединаб жавабищ кьолеб кванде ахIарав гьоболасе», - абун.

Хадубги гьелъ абуна: «Я Сулайман! Щибаб къоялъе дие къваригIуна гьаб дуца гьабураб лъабгогIан кваназе жо, жакъа дуца дун бакъизабунаха», - абун.

Сулайман аварагас Аллагьасе ﷻ сужда гьабуна ва абуна: «Дица вацIцIад гьавиялъ вацIцIад гьавула гьединав Аллагь, жидедаго лъалареб рахъалъан халкъалъе ризкъи кьезе гъоркье чIарав», - абун.

Муса аварагасул къиса

Муса авараг Мадяналдаса хъизангун цадахъ Мисриялде тIадвуссун унаго, ТIуба абураб кIкIалахъе щведал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесде вахIю рещтIана фиргIавн иманалде ахIиялъул хIакъалъулъ. Цинги Муса аварагасда ризкъиялъул ургъел ккана, гьезухъ щив валагьилев абун, ай гьезул хIакъалъулъ жиндаго бугеб ургъел Аллагьасе загьир гьабуна. Гьеб мехалда БетIергьанас Муса аварагасде амру гьабуна аскIоб букIараб цо кIудияб ганчIида гIанса кьабеян.

Мусаца гьелда гIанса кьабидал, гамачI кIихIи бихъун ана. Гьелда жанибги батана цоги гамачI, гьелдаги кьабуна гIанса Аллагьасул ﷻ амруялдалъун, гьебги кIибихъун, гьелда жанибги батана цоги гамачI. Гьеб гамачI кIихIи бихъидал жаниб батана цо гьитIинаб хIапара, кIалдиб жиндаго рекъараб ризкъиялъул лукъмагун. Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Мусал гIундуздаса хIижаб борхана ва Мусада рагIана гьеб гьитIинаб, загIипаб рухIчIаголъиялъ гьабулеб тасбихI.

Гьелъ абулеб бугоан: «Дица вацIцIад гьавула БетIергьан Аллагь жиндие рекъечIелщинал сифатаздасан, жинда дун вихьулев, дир каламги рагIулев, дун бугеб бакIги лъалев, дун жинда ракIалдеги щолев, дун кIоченеги кIочонарев», - абун.

ХIАСАН МУХIАММАДДИБИРОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...