Аслияб гьумералде

КвалквалгIаги гьабуге...

КвалквалгIаги гьабуге...

КвалквалгIаги гьабуге...

Аби буго, кумек гьабизе кIолеб батани - гьабе, кIолеб батичIони квалквалгIаги гьабугеян абураб. ГIадамазе зарал гьаби ва гьел къварид гьари мунагь бугеб иш ккола. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго чи къварид гьавизегIан анкьго нухалъ КагIба биххи бигьа бугин абун.

 

ГIакъилал чагIаз абула инсанасул рес гьечIила киназего лъикIлъи гьабизе, амма гьесул рес бугила лъиего квешлъи гьабичIого тезе.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан кIодо гьавуна гIакълуги кьун. Гьединлъидал нилъеца щивав инсанасул адаб-хIурмат гьабизе ккола.

Цо-цояз абула гIадамал квешлъун ругин абун. Гьедин абулеб мехалда гьесда живго лъикIав вугинги ккола. Киналго гIадамал квешал ругилан абулев чи, бищун квешав ватулин хъвалеб буго исламалъул цо-цо тIахьазда. Щайин абуни, халкъалда гьоркьоса лъикIал чагIи камун рукIунаро. Гьединлъидал, гьединаб калам гьабиялдаса нуж рикIкIад чIа. Квешал чагIи камуларо, амма лъикIал гIадамалги гIемер рукIуна. 

Лъилго ихтияр гьечIо чияда нахъасан кIалъазе, хасго гьесул квешаб рахъги рехсон. Амма нилъее бокьизе бегьуларо гьес гьабураб квешаб гIамал. Гьединав чи берцинаб насихIаталдалъун кантIизавила. Гьеб хасиятин абуни буго нилъее жакъа гIолареб жоги. Нилъеца хъачIго насихIат гьабуни, лъица гьеб къабул гьабизе бугеб? Хасго гьаб заманалда.

Аварагас ﷺ хIинкъизарун, хъачIго насихIат гьабулеб букIарабани, ислам Маккаялдаса къватIибего инароан. Аварагас ﷺ лъикIаб тIабигIатгун мисалги бихьизабун цIана гIадамал диналде. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «ХIакълъунго мун кIудияб тIабигIаталъул вуго», - ян (сура «Къалам», аят 4).

Нилъер ихтияр гьечIо гIадамазул хIукъукъал хвезаризе. Аллагьас ﷻ нилъ киналго рижана ращадаллъун. ГIицIго цояв цогидасдаса тIадегIан гьабулеб жо буго рекIелъ бугеб такъва. ЦIикIкIун такъва бугев, цIикIкIун Аллагьасде ﷻ гIагаравлъунги вукIуна.

Цо-цояз абула жинца бокьараб гьабилин абун. Гьединасда бичIчIулеб гьечIо Аллагьас ﷻ лъурал хIукъукъал рукIин ва гьел халкъалда цере тIуразе кколеблъи. Иман бугев чияс гьединал рагIабиги абуларо. Иман бугев чиясда лъала Аллагьас ﷻ гьесда тIад гьабун бугеблъи халкъалда цере тIуразе кколел хIукъукъал ва адаб-хIурмат. Адабалъ нилъ кIодо гьарула ва адаб тарав чи гъоркьеги вотула. 

Аварагасги ﷺ гьукъана кигIан гьитIинаб бугониги зарал чиясе гьабизе. Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Нужеца цоцадехун хIасад гьабуге, багьаби рахинаруге, ццин бахъунге, цоцаде мугъ кьун руссунге, цоцазул даран хвезабуге, нужги рукIа вацаллъун, я Аллагьасул лагъзал. Бусурбанчи бусурбанчиясе вац ккола, гьелъ бусурбанчияс цогидасе зулму гьабизе бегьуларо, кумек гьечIогоги тезе лъикIаб гьечIо», - ян.  (Имам Муслим, 2564)

Аварагас ﷺ чиясе зарал гьабиялдаса ва гьев къварид гьавиялдаса гьукъана. Кинниги гьебги кIочон тун, нилъеца гIурхъи бахуна. Махсаро гьабулеб бугин абунги чи къварид гьавулев ватула. ХIатта Аварагас ﷺ гьукъана махсаро гьабунцин чи хIинкъизавизе.

ГIамр ибну ЯхIъяидасан бицана, гьесул кIудияв инсуца, Абул ХIасаница абунин: «Цо нухалъ ниж Аварагасда ﷺ аскIор гIодорчIун рукIаго пуланав чи тIадеги вахъун ана, жиндирго хьиталги кIочон тун. Цояс махсаро гьабун, гьесул хьитал жиндаго гъоркь лъуна. Дов чи тIадвуссун вачIиндал, хьитал кире аралин гьикъидал, гьенир рукIараз абула рихьичIилан. Махсаро гьабулев чияс абула гьале гьанир ругилан. Аварагас ﷺ гьикъула муъминчиясул рекIелъе лъугьинабураб ургъелалъул щиб дуца гьабизе бугебилан. Гьес абула гьеб гIицIго махсаро букIанин. Амма Аварагас ﷺ кIиго-лъабго нухалъ гьикъула муъминчиясул рекIелъе лъугьинабураб ургъелалъул щиб гьабизе бугебилан». (ТIабарани, «МугIжамул АвсатI», 980)

ЦIалдохъанги шайихги авлахъалдасан унел рукIуна. Цо бакIалда гьезда ратула хIалтIухъанасул басриял хьитал. ЦIалдохъанас абула гьезда хадув гьев вачIунин ва махсаро гьабун рахчилин хьиталин абун. Шайихас гьесда абула нилъее рекъоларин гIадамазда ургъел чIвалеб иш гьабизе. Гьединлъидал дуца гьел хьитазда жаниб гIарац лъейин ва нилъеца халгьабилин гьев кин вохулевали. Гьедин гьабула ва заманалдасан дов чи вачIиндал хьитиниб гIарац батула. Цинги гIодулаго Аллагьасе щукру гьабула: «Я Аллагь, Дуда лъала дир чIужу унтун йигеблъи, лъимал ракъун ругеблъи, рокъоб чед гьечIеблъи. Дуца дир хъизам хвасар гьабуна», - ян.

ЦIалдохъан гIажаиблъула ва гьесул берал магIил цIола. Шайихас гьесда абула гьаб иш цIикIкIун рохел щолеб гьечIищилан абун. ЦIалдохъанас абула жиндие кIудияб дарс щванин. Дида бичIчIанин цебе бичIчIуларого букIараб.

Гьаб лъугьа-бахъинги буго нилъее дарс.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


«ЦIидасан пикру гьабе…»


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...